Аслияб гьумералде

Налъул «инфляция» тIалаб гьабизе бегьулищ?

Налъул «инфляция» тIалаб гьабизе бегьулищ?

Налъул «инфляция» тIалаб гьабизе бегьулищ?

Кутакалда унтараб суал ккола налъи. Гьеб берцинго нахъе кьолев чиги цIакъ къанагIат гурони дандчIваларо. Аварагас ﷺ хIинкъи кьуна налъи кьоларев чиясе, ай гьесие гIазаб букIунинги абун. Аварагас ﷺ жаназадул как базегIан цебе цIех-рех гьабулаан налъи бугищали. Налъи батани, Аварагас ﷺ абулаан нужецаго как байин абун. Гьединаб мехалда асхIабзабазул цояс тIаде босулаан гьев чиясул налъи бецIиялъул ишги. Гьеб мехалда Аварагас ﷺ жаназадул какги балаан.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Аварагасе ﷺ бергьенлъи кьун хадуб, байтулмал цIикIкIана. Гьединаб мехалда Аварагас ﷺ абулаан налъи тIад букIун хварав чи ватани, жинца бецIилин абун.

ЦIодорал чагIаз цIакъго хIажат ккедал гурони налъи гьабулароан. Жакъайин абуни бер къапичIого гьабула налъи. Гьелда гъорлъе ккола кредитги. Гьебин абуни буго бищун кIудияб балагь.

Ахирал соназда инфляцияги ккун, гъурщил къимат гIодобе ккана. Гьединаб мехалда суалалги гIемерлъула налъи нахъе кьезе заман щун букIиналда бан. 

Масала, пуланав чияс налъуда босана 10 000 гъурущ. Гьеб босулеб заманалда гъурщил къиматги букIана, ай долларалда дандеккун. Нахъе буссинабулеб мехалда гъурщил къимат гIодобе ккана. Щибха гьабилеб?

Гьединаб заманалда налъи босарас гьеб нахъе кьола, ай добго къадаралда рекъон. Налъуда гIарац кьун букIаравин абуни разиго вукIунаро.

ШафигIияб мазгьабалъул гIалимзабазул рагIиялда бан, чияс нахъбуссинабула босун букIараб гIарцул къадар, ай инфляциялъухъ балагьичIого. ГIарац кьурас кири гьабула, щайгурелъул гьесда бичIчIула кинаб хIинкъиялде гъоркье налъулав ккезе бегьулебали.

Мисалалъе, 10 000 гъурущ босани, 10 000 нахъбуссинабула. ЦIикIкIун кьейин абизе ихтиярги гьечIо гьесул, налъуда гIарац босун букIарас тIаде кьун гурони. Суннатаб буго цIикIкIун нахъбуссинабизе.

Жабир ибну ГIабдуллагьица абуна: «Цо нухалъ дун Аварагасухъе ﷺ щвана мажгиталда гьев вукIаго ва гьес дида абуна: «Суннатаб какил кIиго ракагIат бай», - ян. Аварагас ﷺ дир налъи тIадбуссинабизе кколаан. Какдаса хадуб налъи бецIана, хIатта цIикIкIунги кьуна». (Бухари - 2394, Муслим - 715)

Имам Бухарияс Жабиридасан бицараб цогидаб хIадисалда буго: «Сапаралда рукIаго дица Аварагасе ﷺ варани бичана. Мадинаялде щведал Аварагас ﷺ абуна мажгиталде вачIайин ва кIиго ракагIаталъул какги байин абун. Хадуб Аварагас ﷺ дие кколеб къадар кьуна, жеги тIаде цIикIкIинеги гьабуна», - ян. (Бухари - 2604)

Абу Гьурайратидасан бицана: «Аварагас ﷺ цоясе кьезе кколаан варани. Цо нухалъ гьев чи вачIана ва Аварагасдаса ﷺ налъи тIалаб гьабуна. Аварагас ﷺ абуна гьесие варани кьеян. Гьез балагьулеб букIана гьединабго варани, амма соназ кIудияб гурони батичIо. Аварагас ﷺ абула, гьеб варани кьейилан. Дов чияс абула: «Дуца тIубанго кьуна», - ян. Гьеб мехалда Аварагас ﷺ абула: «ХIакълъунго, нужер бищун лъикIал ккола бищун лъикIаб куцалда налъи кьолел», - ян. (Имам Бухари - 2306)

Цоги, жакъа бугеб унти буго рес бугониги гIарац нахъе кьунгутIи. Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Рес бугев чияс налъи кьечIого цIа-цIазаби зулму гьаби ккола», - ян. (Бухари, Муслим)

Нилъеда лъазе ккола Аварагас ﷺ рес къотIидал гурони налъи гьабулеб букIинчIеблъи ва заман щведал тIадги буссинабулеб букIараблъи.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги Аварагасдаса ﷺ мисал босизе.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...