Аслияб гьумералде

Къуръаналда рехсарал мугIрул

Къуръаналда рехсарал мугIрул

Къуръаналда рехсарал мугIрул

Жакъа бицен гьабизе бокьун буго «ФатIир» абураб сураялъул 27-абилеб аяталъул. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Дуда бихьуларищ (инсан) ТIадегIанав Аллагь ﷻ вукIин жинца зодисан цIад рещтIинабулев. Дица цIадалдалъун ракьалда пихъ бижизабула, жиндир тIагIам ва кьер батIи-батIияб. Дица мугIрулги рижана жидеда жанисан нухал ругел ва гьел нухазул кьерги батIи-батIияб бугел: хъахIал ва багIарал нухал ругел (гамачI-ракьалъул кьер батIи-батIияб букIиналдалъун гьел нухазул кьерги батIи-батIияб букIуна). Гьединго цIакъго чIегIерал, къвакIарал кьурабиги рижана Дица». (Сура «ФатIир», аят 27).

 

Гьеб аяталъулъ БетIергьанас нилъее баян гьабуна Гьесул камилаб къудрат. Нужеца хIисаб гьабе, цо жоялдалъун БетIергьанас кинабниги жо батIи-батIияб кьераздалъун ва тайпаяздалъун бижана. Лъида хIалкIолеб цо жоялдалъун дунялалда бугебщинаб жо бижизе? Гьединго Аллагьас ﷻ рижана мугIрул, жидер кьер батIи-батIиял ругел: чIегIерал, хъахIал, багIарал ва гь. ц.

Интернет цебетIураб заманалда гьединал мугIрул ратун руго Китаялъул бакътIерхьул рахъалда, Чжанъе Данся абураб бакIалда. Гьеб гьанже цIакъ туристал рачIунеб бакIлъунги лъугьун буго. МугIрузул кьерал раккулел руго кьурабазул кьераздасан. Унго-унголъунги гIажаибал кьерал руго гьел мугIрузул.

Жеги гьединалго кьерал ругеб Виникунка мегIер буго Перу пачалихъалда. Гьелда абула «анкьго кьералъул мегIериланги». Гьеб буго ралъдал гьумералдаса 5200 метралъ борхалъуда. ХIатта гьеб мегIаралъул хъахIилаб ва меседил кьерцин буго.

Перуялда ругел кьер-кьерал мугIрул гьанже нахъа гурони ратизе кIвечIо.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ 1400 соналъ цебе бицана гьединал мугIрул ругин абун. ХIатта мугIрузул кьералги баян гьаруна. Къуръаналъ гьадинаб мугIжизат нилъее баян гьабулеб мехалда, нилъеца хIисаб гьабизе ккола. Китаялда ругел мугIрузул ва гьезул кьеразул аварагасда ﷺ лъица бицараб? ТIадегIанав Аллагь ﷻ вукIинарищ гьеб баян гьабурав ва бижарав.

БетIергьанас Къуръаналда абун гьечIищ (магIна): «Гьаб буго ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ иш, Жинца кинабго жо камилго бижарав ва щибаб жоялъул мухIканаб тартибги гьабурав, Аллагьасдаги кинабго лъала» (сура «Намл», аят 88).

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...