Аслияб гьумералде

Мадугьаласул хIакъ мадугьаласда

Мадугьаласул хIакъ мадугьаласда

Бищун гIагарав ва цевесев чи щивин цIехани, щивав чияс жиндирго пикру хадуб гъураб бакIалдаса кьела жаваб. Цояз эбел-эменин, цогидаз яц-вацалин абила. Гьел ритIарал ратизе рес бугониги, дица абила бищун гIагарав чи мадугьал вугин абун. Щайгурелъул гьесда хурхараб гIемераб жо буго гIумруялда жаниб. КигIан цевесев гIагарав чиясдасаги бищун аскIов гьев вугелъул.

ГIадада гурелъулха Бичасул аварагасги цIакъ гIемер такрар гьабулеб букIараб мадугьаласул хIакъ цIунейин абун.

Мадугьаласул хIакъалъулъ рачIарал хIадисал.

– Мадугьаласул хIакъ цIунейин дие васият гьабулевлъун тIаса инчIо ЖабрагIил малаик, дагьаб нахъа мадугьалзабазе ирсцин кьезе батилан дида ракIалде ккезегIан (Бухари).

– Аллагьасдаги къиямасеб къо чIеялдаги божулев чияс мадугьаласул хIурмат гьабе (Муслим).

– Муъминчилъун кколаро живгоги гIорцIун мадугьал вакъун толев (ХIаким).

– Аллагьасдаги къиямасеб къо чIеялдаги божулев чияс мадугьаласе зарал гьабуге (АхIмад).

– Аллагьасда аскIор лъикIал гIадамал ккола гьалмагъасе лъикIал. Аллагьасда аскIор лъикIал мадугьалзабиги ккола мадугьаласе лъикIал.

Гьадинал магIнабазул хIадисал жеги гIемер рехсезе бегьула, кинниги гьалда къокълъун чIелин.

РачIаха балагьилин нилъерго бугеб хIалалде. КигIанасел хIакъал цIунулел нилъеца мадугьалзабазул? Гьайгьай нилъеда гьоркьор руго кутакалда лъикI цоцалъ рекъарал, цоцазе кумекалъе ратулел мадугьалзаби. Гьединго камун гьечIо щибго гуреб жо сабаблъун цоцалъ ракI хваралги. Гьелде тIаде, гьаб заманалда шагьаралда ратула жиндир мадугьал щивалицин лъаларелги.

Гьаб заманалда хасго захIматаб масъала буго мадугьалзабазда гьоркьоб бугеб гIорхъиялда хурхараб. Гьеб сабаблъун цоцазде квер бегьиялде, ярагъ къватIибе бахъиялде иш ккараб, хIатта чIвай-хъвей ккаралги хIужаби рукIуна. Щиб сабаблъун? ГIицIго ракьул чанго сантиметр яги чанго метр сабаблъун. Дунял толелъул чванта цIурабгIан къадаралдацин ракьул цадахъ босулев чиги нилъеда вихьичIо.

Бичасул аварагасул заманалда ккараб

Мадинаялда, пуланав асхIаб вукIун вуго жиндирго ах сверун къед гьабулев. Гьесулги мадугьаласулги гIорхъода букIун буго цо гъветI. Гьебги данде бачун, къед гьабизеги кутакалда санагIат букIун, гьелъул бетIергьанасда гьарун буго гъветI жиндие тейин щибго мухь босичIого яги бичун кьейин абун. Мадугьалас инкар гьабун буго.

Цинги гьав мадугьалас гьеб масъала борхун буго Бичасул аварагасде ва гьарун буго гьесда абейин гьаб кIиялъулго бокьараб къагIидаги тIаса бищун гъветI жиндие тейин абун. АхIун гьев чигун аварагс абула гьесда мадугьаласе тейин алжаналъуб бугеб гъотIохъ хисунилан. Гьев чияс инкар гьабула, гьариги къабул гьабуларо.

Мажлисалда вукIарав АбудахIдахIа абурав асхIабас гьикъула аварагасда жинца кьуни букIунищин гьеб гъветI алжаналдаян. БукIунин кьола хирияс r жавабги. Цинги АбудахIдахIаца цIехола гъветIалъул бетIергьанасда дуда жиндир ах лъалищан? Щайила лъаларебин абула гьес, гьеб лъаларев чи Мадинаялда гьечIин.

600 гъветI, гьединго мина ва цIорораб лъел гъуй жаниб бугеб ах лъида лъалареб? Гьеб гъветI дир тIубараб ахалъухъ бичулищ дуцайин гьикъула гьесда. Цо гъотIохъ кинабго ах кьоларин абун, божуларогоги вукIун, рази вугин абула гьес. Бичасул авараг ва аскIор рукIарал асхIабзаби нугIлъиялъеги чIезарун, даран гьабула.

Даран тIубайдал жеги мухIкан гьабун цIехола АбудахIдахIаца жиндие бугищин алжаналъуб гъветIилан. ГьечIин абула гьесда хирияс . Гьеб хIалалда вихха-хочун лъугьуна гьев. Цинги аварагас абула:

- БетIергьан Аллагьас цо гъотIохъ букIана алжаналъуб гъветI кьолеб. Дуца Аллагьасда бихьизабуна кутакаб сахаватлъи, цоялъухъ 600 гъветI кьеялдалъун. Халикъас гьелъухъ дуе Алжаналда кьурал ахал рикIкIун хIалкIоларо. Чам чамасдакил цIураб гъветIха бугеб АбудахIдахIил, - ян чанго нухалда такрар гьабуна аварагас .

Цинги гьенир рукIарал асхIабзабазда ккана гьесул бакIалда жалго рукIараланищ абун. АбудахIдахIица рокъовеги ун жиндир чIужуялда абуна къватIие яхъайин нилъеца гьеб бичанин абун. Гьейги разиго къватIие яхъана, дур дармида жий щаклъуларинги абулаго. Сундухъин бичараб абун цIехедал, алжаналда жаниб бугеб цо гъветIалъухъ кьунин абуна гьесги.

Гьаб хIадисалда жаниб гIемераб дарс буго. Гьезул цояб буго кIиго дагIбадуласул къец кин къотIизабилебали малъулеб. Гьединаб бахIарчияб иш гьабиялдалъун яхI-намус бижун бачIуна жалго дагIбадулезда. Гьелъул гIаксалда, гьезда гьоркьоб питна бекьун, кIиявго цоцаде гьусани, къисмат гIаксалдаги ккола.

Питна гIодобе буссине ккани, цонигияс нахъе хIетIе босизе ккола. КIиявго цеве кIанцIун гурони чIеларин лъугьани, кьал дагьабги цIикIкIуна. Гьедин цогидасе бергьенлъи тани, гьасиеги сури-нич букIунаро, гьелъул гIаксалда, дагьабги даража БетIергьанасда ва халкъалда цебе цIикIкIуна ва питнаги къуна.

Мисалияб лъугьа-бахъин

Хурул гIорхъода чали, ай забор гьабизеян лъугьун вуго кIиго мадугьал. Гьениб квар цIазеян лъугьиндал, цебего ккураб маххул хьури, ай сеткаги бакI-бакIалдаса добе-гьанибе бегун букIун, гьезул дагIбаялде ккун буго иш. Цояс гьадин абун, жиндирго рахъалде дагьалго сантиметрал цIикIкIинарулел рукIун руго, дов цояс - гIаксалдаги. Гьаб къоялъ гьезул рагIи дандеккун гьечIо ва ратIалъун руго гьеб гIорхъи гьабулелъул вукIарав гьав цоясул эменги ахIун, иш роцIцIинабизелъун.

ГIолохъанас ахIун буго росулъ вугев инсуде, бицун буго ккаратараб, гьав чиясда кIалъазе мун вачIине кколин абун. Гьесул хьул букIун буго инсуца жиндир рахъги ккун, дов мадугьал гьас абухъе гIорхъи чIвазе тIамилин абураб. Гьеб хабаралъухъ гIенеккунги чIун, инсуца васасда цIехон буго мадугьалас абураб бакIалдаса гIорхъи гьабуни разилъулев вугищ гьевилан.

ВукIинарищха, гьеб гурищ гьесул мурад, нилъер ракь жиндирго рахъалде цIазеян гIузру бачун кIалъан вуго гIолилав. Гьесул каламалъухъги гIенеккун, нахъеги гьикъун буго инсуца, кигIанасеб ракьин гьев мадугьаласул рахъалде ккезехъин бугебин абун. Бащдаб метрагIаги кколеб бугин цояб рахъалъа, цогияб рахъалдаса къогогIаги сантиметр бугин абун, дагьаб понцIозабун бицине лъугьун вуго вас. Инсуца гьикъун буго чан квадратин ккезе рес бугеб гьесие абун.

ЛъикIаланго хIисаб гьабидал, щуго квадраталдецин бахун гьечIо. Инсуда лъаларищха кигIан бакI хIакъикъаталдаги гьениб бачIунебали. Васасул хIисабалда тIадги кIалъачIого, инсуца буюрун буго мадугьаласда абейин дуцаго абулеб къагIидаялда квар цIаян ва гьелда рекъон гьоркьоб къед дуцаги баян. Гьелда тIад калам гьабизе бакI батичIев васас мадугьаласда гьедин абунги буго. Гьелдалъун дагIбаги къотIун буго.

Гьедин гьабулеб бугони цогидал кIудиял чагIазги ракьал сабаблъун бугеб дагIба лъикIаланго къадаралъ дагьлъилаанха. Гьев васасда бичIчIун буго инсул амруялъул баракат. Гьелдаса нахъе мадугьаласулгун жеги ракI сукIараб калам ккечIинги бицана гьес.

Гьаб лъугьа-бахъиналдаса мисал босизе тавпикъ кьеги киназего. Гьадинал мисалиял лъугьа-бахъинал ругони нужеда лъалел, нижер гьари буго газеталде хъваян яги нижеда лъазабеян абун. Ниж цIакъ рохарал рукIина гьединал гIадамалгун дандчIвазе ва гьезул хIакъалъулъ хъвазе. Аллагьас кумек гьабеги кинабго лъикIабщиналъе! Амин!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


РитIухълъиялъул аслу

Халкъазда цебечIарал масъалабазул цояб ккола адаб гьечIолъи. Хасго гьеб загьирлъула гӀолеб гӀелалда гьоркьоб. Адаб-хӀурмат, яхӀ-намус ккола сахаб жамгӀият букIиналъе лъолеб кьучӀалъул цояб. ГIемерисел масъалаби, захIмалъаби, ритӀухълъи гьечIолъи бугелъулха адаб гьечIолъиялъул...


Наркотиказде данде

ЛъаратIа районалда, диниял хIаракатчагIазул квербакъиялдалъун, тIобитIана школлъималазе наркотиказда данде къеркьеялъул бицунеб дарс. Гьединаб мурадгун Гъараколоб росдал школалде рачIун рукIана ДРялъул муфтияталъул ЛъаратIа районалда бугеб лъай кьеялъул управлениялъул ва «Инсан»...


Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Гьижраялъул бицунелъул нилъеда лъазе ккола гьеб цIакъ захIматаб иш букIараблъи. Маккаялдаса Мадинаялде гIага-шагарго буго 450 километр. ХIежалде щведал нилъ Мадинаялдаса Маккаялде уна машинабаздаги рекIун ва нухда бала 7-8 сагIат, кутакалда сваказеги свакала. Гьанже хIисаб гьабе, багIарараб...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал...