Аслияб гьумералде

Суждаялъул сахлъиялъе пайда

Суждаялъул сахлъиялъе пайда

Суждаялъул сахлъиялъе пайда

БетIергьанас инсанасда тIадкъанщинаб гIибадаталда гъорлъ руго дунял-ахираталъегун гьесул сахлъиялъе пайдаби. Гьединго Аллагьас гьукъарабщинаб жоялда жанибги буго дунял-ахираталъегун чорхол сахлъиялъе зарал. Баянго гьеб бичIчIизе нилъее кумек гьабула батIи-батIиял рахъазул гIалимзабазул цIех-рехаз ва гьезул гIелмиял хIалбихьияз.

 

БетIергьанас инсанасда щибаб къойил тIад гьабун буго щуго нухалда как базе. Какил щибаб ракагIаталда жаниб буго кIи-кIи суждаги. Сужда ккола жиндирго лагълъигун загIиплъиялъе мукIурлъун, Аллагьасул къуват-хIалкIолъи ва кIодолъиялъе хIелун бищунго жиндир къаркъалаялда жаниб хирияб лага гьумергун нодо ракьалда цвизабун Аллагь вацIцIад гьави Гьесие рекъоларелщинал сипатаздаса.

Гьелъул хиралъиялъул хIакъалъулъ Бичасул аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьасде лагъ бищунго гIагараб заман буго гьев суждаялда вугеб, нужеца дугIа гIемер гьабе», – абун.

Суждаялъул сахлъиялъе бугеб пайда рехсолаго тохтурзабаз абулеб буго, инсан суждаялде ун къулараб заманалда гьесул бетIер кколила ракIалдаса гъоркьехун ва гьенибе би гьарзаго бачIиналъ гIадалнахалъул хIалтIи лъикIлъулила. Гьелъул хIасилал лъикIлъун бачIунила бетIералъул цониги жоялда тIад ургъи ва пикру гьабиялъул махщел. Пагьму, гIиналда жо рагIи, бералда бихьи ва цогидалги гIадалнахалда хурхарал рахъал лъикIлъулила.

Сужда гьабиялъ лъикIзабулила габуралъул ччорбазул хIалтIи. Как толарев чиясул горбол ччорбал щулиял рукIиналъ гьелда хурхарал унтабаздаса хвасарлъулила. Масала, гьел ччорбал къвакIун, ракьа гIадин лъугьун, бетIералде бачIунеб биялъе квалквал ккеялда релълъарал унтабаздаса цIунаравлъун вукIунила.

Сужда гьабиялъ щула гьарулила ва лъикI хIалтIизарулила мугъзал ччорбалги. Какал гьоркьов толарев муъминчиясул мугъ унтиялъул захIмалъиялдаса эркенав вукIунила.

Суждаялъул пайдбаздаса жеги кколеб буго инсанасда жанир хьвадулел заралиял лучал ракьалъулгун гравитациялъул хIасилалда нахъе унел руго. Инсанасулъ ракIарал заралиял электромагнитиял зарядал сужда гьабурабго тIагIунел руго. Нилъер гIадатияб токалъеги бихьизабун гьечIищ «заземление» абураб жо, гьединго лъугьунеб буго суждаялде арав чиясеги.

Гьединго суждаялъул пайдабаздаса кколеб буго чорхолъ бакIараб ццим жиндир нухдаса къватIибе иналъеги инсан къулиялъул кIудияб пайда кколеб буго. Эркенаб ццим чорхолъ бакIариялъул хIасилалда кколел гIемерал унтаби руго. Какал ралев чи гьездасаги хвасарлъула.

Гьединлъидалин как балел гIадамазул бетIер унтиги ва цогидал унтабиги дагьал рукIунел. ЦохIо паризаял какал ран чIаниги щибаб къоялъе 34 сужда кколеб буго. Гьелде тIаде суннаталги рани, жеги цIикIкIинарищ гьеб къадар.

Суждаялъул аслияб мурадги буго Аллагьасул амру тIубан, нилъерго гIажизлъигун мукIурлъи загьир гьаби! Аллагьас кумек гьабеги БетIергьанасе лагълъи гьабизе! Амин!

 

Сайпуллагь Шаруханов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...