Аслияб гьумералде

Риидалил нигIматал

Риидалил нигIматал

Риидалил нигIматал

Пихъал ва овощал гьарзаяб заманги гьаб бугелъул, нилъецаги битIун пайда босизе ккола Аллагьас кьурал гьел нигIматаздаса. ГIалимзабаз абула пихъалгун овощал кванаялъ инсанасул иммунитет щула гьабулин абун. Гьезулъ руго антиоксидантал, ай къаркъала херлъизаби хIинцлъизабулел жал. БитIараб къагIидаялда пихъалгун овощал кванаялъ инсанасул сахлъи щулалъула.

 

Пихъаздасаги овощал цIикIкIун кванайинги абула. Витаминаздалъун гуребги, овощал бечедал руго железо, магний, кальций, калий ва цогидалги хIажатал жалаздалъун.

Пихъалгун овощал кванаялъ инсанасул чорхое щола органикиял кислотаби ва эфирниял нахал. Гьез кумек гьабула квен бихIинабизе.

Сордо-къоялда жаниб 400 грамм пихъалгун овощал кванаялъ дагь гьабула рекIел, чакрил ва онкологиял унтаби ккей.

Пихъалгун овощал ккола, аслияб къагIидаялда, черхалъе пищевиял волокнаби кьолел нигIматал. Гьел волокнабаз лъикIаб асар гьабула чехь-бакьалъул хIалтIи лъикIлъизабиялъе, беэнлъи къаркъалаялда рекъезабиялъе, хIажат гьечIеб холестерин чорхолъа къватIибе иналъе.

 

Пихъалгун овощал кванаялъул пайдаби

- Лъималазул лага гIола;

– ГIумру халат гьабула;

– Психикияб рахъалъ сахлъи цIунула;

– РакIалъул хIалтIи лъикIлъизабула;

– Онкологиялъул унтаби ккеялдаса цIунула;

– Кьаралъиялдаса цIунула;

– Чакрил унти ккеялъе бугеб хIинкъи дагь гьабула;

– Чехь-бакьалъул хIалтIи лъикIлъизабула;

– Чорхол иммунитет щула гьабула.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....