Аслияб гьумералде

Рамазаналдаса рамазаналде…

Рамазаналдаса рамазаналде…

ХIурматиял бусурбаби, «Ассалам» казият цIалулеб агьлу, ракI-ракIалъ баркула нужеда киназдаго тIаде щвараб хирияб Рамазан моцI! Аллагьасе рецц буго гьеб хирияб моцIалдалъун нилъее рахIмат кьурав.

Гьеб буго муъминзабаз бачIин бакIарулеб гIибадаталъул моцI. Жеги гьелда абула Къуръаналъул моцIинги. Щайгурелъул гьеб моцIалда жаниб рещтIана Къуръан. Гьединго Бичасул аварагас гьеб моцIалъул щибаб сордоялъ Къуръаналда данчIвай гьабулеб, ай мухIкан гьабун ва цIалулеб букIун буго.

Гьеб моцIалда жаниб нилъее рес буго ахираталъул хур ва бачIин бакIаризе. ТIубараб лъагIел, гIемерисеб мехалъ, нилъер уна цогидаб жоялде руссун. Я мина лъугIизабулелин, я цо кинаб бугониги хIалтIи рагIалде бахъинабулелин абун.

Гьеб заманалда нилъ щибго гIибадаталде регIизего регIуларо. Гьединлъидал гьаб Рамазан моцIалъгIаги Аллагьасе тIагIаталдеги руссун, цебе тохго араб заманалдаса тавбуги гьабун, хадуб бачIунеб заманалъе къуватги бакIаризе гьаб моцIалъ гIибадаталъе жигар гьабуни, ахираталда нилъ рохила.

Щибаб жо гьабилалде нилъеца бахъула кинаб бугониги план, гьеб буго дунялалъул ишазе. Гьелда рекъон хIалтIизеги хIаракат бахъула. Щайгурелъул нилъер гIумруялъул хIалбихьиялъ бицун ва бихьун лъалеб жо буго гьединаб ишалъ хIасил лъикIаб кьолеблъи. БатIалъи гьечIо, ахираталъул рахъги гьединго гьабизе рекъараб буго.

Масала, щивав чияс жиндиего гIуцIила хасаб план. Щибаб къойил пуланаб къадар Къуръаналъул цIализеян. Гьелъие чIезабила хасаб, нилъее санагIатаб заманги. Гьединго гьабила цогидал гIибадатазеги. Гьедин гьабичIониги сундаса байбихьилебали ургъулаго бащадаб Рамазанги ина. Ургъун вахъинелде лъугIун моцIги батила.

Балагье, диналъул вацалгин яцал, нилъер щивав чиясул рокъоб бищун къиматаб бакIалда ва чIухIараб гъутухъалда жаниб лъун цIунун букIуна Къуръан. ЛъагIалида жаниб цIализе гьеб къватIибе бахъулеб заман цIакъ дагьаб букIуна.

Къиямасеб къоялъ Къуръаналъ нилъеда кIал гьикъиларищ жиб цIаличIин абун. Гьаб рамазан моцIалъгIаги Къуръан цIалун лъугIизабуни, хьул буго гьелъул хIакъ тIубараллъун рукIинин абун.

Гьединго гIемер бажаруларо тагьажудалъул как базе рахъун. Гьеб моцIалъ кIал кквезе сухIуралде рахъани гьебги щвезехъин буго. Гьелдаса хадуб мажгиталде рогьалил какде инеги хIаракат бахъани, жеги лъикIаб цебетIей букIина. Цо-цоязда ккола Рамазан моцIалъ цохIо таравихIазул каказде хьвадани тIубалин кинабгоян. ТаравихIал хириял какал ругониги, гьезде щвезегIан заманги гIадада тезе рекъараб гьечIо.

Нилъее бокьула цIакъ бицине гьеб моцIалъ щайтIаналда рахсал ралин абун. Буго гьединаб хIадисги. Гьанже пикру гьабеха цоги гьадинаб жоялъул. Цогидаб заманалда нилъерго ругел гIайибал рехизе шайтIаби рукIун ратани, гьаб хирияб моцIалъ гIибадаталъе тасамахIлъи гьабиялъе сабаблъун щив гьавилев?

Цоги, диналъул агьлу, нилъер къойидаса къойиде, соналдаса соналде букIине ккола гьабулеб гIибадаталъулъ цебетIей, ай гIибадат цIикIкIинаби. Гьебги байбихьизе рекъараб буго хирияб Рамазаналдасан. Масала, араб соналъ кинаб гIибадат гьабулеб букIун бугищали хIисабги гьабун, Рамазаналдаса хадусеб мехалде тIаде щиб бугониги цIикIкIинабизе рекъараб буго.

Дунялалъул ишазулъ нилъ рукIуна кидаго церетIей тIалаб гьабулелъун. Рукъ гьитIинаб бугони, кIудияб хIажат гьелде гьечIониги, гьеб кIодо гьабизе хIаракат гьабула. Нилъеда рекъараб машина бугониги дагьабги лъикIаб балагьизе яхI бахъула. Гьединго кидаго рукIуна ургъулел гIарац дагьабги цIикIкIун щолеб хIалтIи балагьиялда тIад.

Амма гIибадаталъул рахъин абуни рехунго тун букIуна. Муъминчиясул пикру гьелъул гIаксалда, ай ахираталъул рахъ цIикIкIинабиялда тIад хIалтIулеб букIине ккола.

Жеги рекъараб буго дагьабниги эркенаб заман бугев чиясе гIемерисеб мех мажгиталда жаниб гIибадаталда инабизе. Пенсиялда ругел гIемерисел кIудиял гIадамал халлъула щибго гурелде руссун, къватIахъ гIодор чIун, гъибатбугьтаналда заман тIамулел. Гьаб РамазаналъгIаги щварабниги заман гIибадаталда инабизе ккела.

Нилъ руго мунагьал гIемерал, гIасилъи гьарзаял, тохлъи цIикIкIарал гIадамал. Хирияб хIадисалда абулеб буго, Рамазан моцI Аллагьасде иманги лъун, битIараб нухги ккун тIобитIарав чиясул цере аралщинал мунагьал чурулин абун. Гьелдасаги кIудияб давла кинаб букIунеб? Дагьал мунагьалищ нилъер церехун ккун ругел? РачIа, диналъул агьлу, гьел мунагьал БетIергьанас чурулеб гIамал гьабилин!

Аллагьас кумек гьабеги!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Рокъоб мавлид гьабиялъул даража

Абубакр Сидикъас абуна: «Мавлидалъе цо диргьам жинца кьурав чи Алжаналъув дир гьалмагъ вуго», - абун.   ГIумарица абуна: «Аварагасул ﷻ мавлид жинца кIодо гьабурав чи, ислам чIаго гьабурав чи вуго», - ян. ГIусманица абуна: «Мавлид цIализе цо диргьам жинца кьурав...


Щал кколелали бихьизабуна

Нилъер диналда жаниб кутакаб бакI кколеблъун буго аманат, божилъи гьабураб тIубазаби, ритIухълъи цIуни абураб иш. Гьебги гIицIго гьабулеб гIадатияб ишалда хурхин гуреб, муъминчиясул гIумруялъул Аллагьасулгун ﷻ жиндир бугеб гьоркьоблъиялдаса байбихьун ва хIатта хIайваназул ургъел гьабиялде щвезегIан...


Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъалездасан вукIине ва шайтIаналдаса хвасарлъизеги бокьани, ункъо жо тезе ккола: иблис ва иблисалъе бокьараб, напс ва напсалъе бокьараб, гьава ва гьаваялъе бокьараб, дунял ва дунялалъе бокьараб.   Иблисалъе бокьана дур дин тIаса инабизе, мунгун цадахъ доб ЖужахIалда абадиялъ...


ХIузуралъул нух

БетIергьанас щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабун буго сордо-къоялда жаниб щуго как бай. Гьебги ккола диналда жаниб чара гьечIого лъалеб жо. Лъимералъ анкьго сон байгун гьелда как базе малъейин, анцIго сон байдал, кIарчанлъи гьабуни тамихI гьабейинги абун буго Бичасул аварагас ﷺ.   Цоги...


ДугIаялъул хиралъи

ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъи, гIодовегIанлъи, Аллагьасде ﷻ живго хIажалъи, Аллагьасул ﷻ бечелъи загьир гьабулеб буго. Кинабго жоялъулъ Аллагьасде ﷻ гьардолел рукIине ккола. Нилъее, Аллагьас ﷻ кьураб гурони, щибго жо...