Аслияб гьумералде

Дунялалъул къварилъаби

Дунялалъул къварилъаби

Дунялалъул къварилъаби

ХIурматиял бусурбаби, дунялалда багъа-бачари камураб заман букIинчIин абизе бегьула. Амма гьаб заман ахиралде кканагIан цIакъго гIемер рихьулел руго тунка-гIусиял, рагъал ва цогидалги гIаммаб къануналдаса рахъарал ишал. Ахирзаман гIагарлъиялъул гIаламатаздасан рикIкIараб жоги ккола гьеб.

 

 

 

Къиямасеб къоялде заман гIагарлъарабгIан питнаби цIикIкIине руго

 

 

 

Гьаб ахирал къоязда цIакъго хIалуцун руго Палестинаялда кколел тунка-гIусиял. КIудияб захIмалъиялде ккезарун руго гIемерал бусурбаби, хасго лъималгун руччаби. Гьеб хабаралъ ракI унтичIев чиги цониги ватиларо бусурбабазда гьоркьов. Абизе бегьула, бажарараб жо гьабулеб бугин Дагъистаналъул бусурбабазгийилан. Гьале къокъаб заманалда жаниб саламатаб къадар гIарцул бакIарана Палестинаялъул бусурбабазе. Гьединго щивав чияс жиндир дугIадулъ ва рузманалда мажгитахъ Аллагьасда гьарулеб буго гьезда тIад бугеб захIмалъи тIаса босейин абун.

Къиямасеб къоялде заман гIагарлъарабгIан питнаби цIикIкIине ругин Бичасул аварагасул ﷺ хIадисаздасан лъала нилъеда. Абугьурайратидаса бицараб хIадисалда буго: «Къиямасеб къо чIоларо ракьалдаса гIелмуги тIагIинчIого чIвай-хъвейги цIикIкIинчIого», - ян. Гьеб заман тIаде щваралдаса гIезегIан мех ана.

Ракьалда тIад зулму цIикIкIун, гьереси-гъибат, цIогь, хиянат, хъамалчилъи ва цогидалги квешал рахъал гIемерлъун руго.

 

 

 

Къиямасеб къоялде заман гIагарлъарабгIан питнаби цIикIкIине руго

 

 

 

Нилъ руго Аллагьасул лагъзал. Гьаб дунялалъул тадбир кодосевги нилъ рижарав ва хьихьулев БетIергьан вуго. Нилъер иш буго нигIматазухъ шукруги, захIмалъиялда сабруги гьабун, дунялалда кьурал къоял инарулел рукIин. Нилъеда бажарулеб жо буго тIолгодунялалъулго бусурбабазе балагь-къварилъи тIаса босагиян хириял гIужазда дугIа гьабулел рукIин.

 

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...