Аслияб гьумералде

Халид-асхIабасул нух

Халид-асхIабасул нух

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Гьаб дунялалъул буго саламатаб гIумру. Гьелъул байбихьудаса бахъараб нилъер заманалде щвезегIан гIемерал лъугьа-бахъинал ккана. Гьезда гьоркьор руго гIемерал хIикмалъабиги. Кин бугониги, дунялалъул вакъигIатазул гIемерисел такрарлъулел руго.

 

Дунялалъул гIуцIи рекъезе букIине БетIергьанас чIезарун руго гьеб нухда бачунел хIукуматалъул церехъабигун диниял гIалимзаби. Гьел кIиязулго хIалтIиялда базабун буго халкъалъул къисматги. Гьединлъидалин гIадамазул гIарзалги гьел кIияздасанго рукIунел. Дунялалда лъугьа-бахъунелъе кидаго гьел рикIкIуна гIайибияллъунги. ГъалатI камурав чи щивго вукIунаро. Амма кидаго мекъи кколев чиги гIемер къанагIат вукIуна.

ГIадамал ругьунлъун руго кинаб бугониги санагIат гьечIолъи ккани, гьелъие гIайибияв валагьун, жидерго ракI гIодобе биччазабизе. ГIайибиялги кидаго гьеб иш тIадкъарал жавабиял ратула. Амма лъидаго кIочона гьаб дунялалъул хважаин БетIергьан Аллагь вукIин. Гьесул тадбир гурони дунялалда кибниги хIалтIуларо. Гьесда лъалареб жоги цониги лъугьунаро.

Бусурбабазда кIочене бегьуларо Аллагьасул кверщалида гъоркь кинабго махлукъат букIин. Гьаб ракьалда кверщел кодосев, кинабниги гIалам бижарав БетIергьан вукIин. Балагье, нилъер заманалда дунялалъул киналго санагIалъаби руго. Лъеберго соналъ цебе букIараб гIумруялъул шартIазде балагьани, лъикIаланго кIудияб батIалъиги буго. ГIадамал лъикIаб ресалда руго. Бокьараб магIишат-яшав гьабизе ресалги кьун руго. Амма зигарагун гIарз камулеб гьечIо. ТIабигIияб балагь бачIун щиб бугониги жо кканиги гьелъие гIайибияв валагьулев вуго. Диналда жаниб кинаб бугониги квекIен лъугьани, гьелъиеги щив вугониги гIайибияв валагьичIого чIолел гьечIо.

ХIукуматалъул хъулухъалда кинав вугониги чи хисани, гьелда сверухъ кIудияб хабар бицуна, гIиллаби ралагьула ва щибго къваригIел гьечIеб калам гьабула. Нилъер заманалде щвезегIанги хIукуматалъул хIалтIабазда ва хъулухъазда гIадамал хисулел рукIана. Нилъеда хадуб бачIине бугеб мехалдаги гьедин букIине буго. ГIадада гьелъул бицун нилъерго гIумру щай захIмат гьабулебали лъаларо.

Щибго батIалъи гьечIо, цо кинаб бугониги динияб хъулухъ тIадкъарав чи хисани, гьебго гъалмагъир гьабула. Гьев щайин хисаравин абун цоял кIалъала, багьана гьечIого нахъе вахъун вугин цогидаз абула. Имамас вагIза цIакъаб гьабулаанин тIирун чIола цо-цоялги. Дунял гIуцIаралдаса нахъе жавабиял хисулел ва цIиял толел рукIана, хадубккунги гьединго букIина.

АсхIабзабазул заманалдаса бахъараб гьедин бачIунеб бугеб жолъидал гьаб. Гьале ГIумар-асхIабас киназего машгьурав Халид-асхIаб вахъана бусурбабазул бодул бетIерлъудаса. Щибха гьабураб Халидица? ГIадатияв рагъухъанлъун ана гъазаваталде. Гьесда сверухъги камулел рукIинчIо хабар бицунел гIадамал.

Халид-асхIабгIадин тIад тарав бетIерасе мутIигIлъун чIолел ругони, гIадамазда гьоркьоб щибго калам букIунаро. Гьелъул хIакъалъулъ ГIумарида цIехедал, гьес жаваб гьабун буго, гъазаваталда щолел бергьенлъаби цохIо гьесул гьунарин ккун, халкъ мекъи ккеялда хIинкъун вахъанин жинца гьевилан абун.

Кинаб бугониги мажгиталъул имам хисани, кIудияб иш ккарабгIадин лъугьуна, гьелда разилъи гьечIолъи загьир гьабиялде гIунтIун иргаги щола. Гьебги, гIемерисеб мехалда гIадатиял гIадамал гурел, гIелму цIаларал, саламатал гIалимзабиян ругез гьабулеб батула. Гьелъие саламатаб квербакъи живго хисарав имамасулги гьечIого букIунаро. Ккара-тараб цIехон вачIарав чиясе зигардичIони, гьединаб хабар халалъиги къанагIатаб жо буго.

Нилъ дунялгун ахираталда хвасарлъулеб жо буго тIад тараз малъарабги гьабун, берцинго рукIин. ХIалтIи нухда бачейин абуни, бажарараб къагIидаялда гьеб гьаби, щивав чиясда тIадаб борч буго. Гьединго хIалтIи тейин абуни, гьеб гьабизейин лъугьинги мекъаб нухде гали тIами ккола. Хъулухъалдаса вахъулесда ракIалде кколеб батани щайин жив вахъулевин абун, гьесда кIочене бегьуларо гьеб хъулухъалда сундуе мустахIикъав вукIун жив таравалиги. КIиабилелъе жаваб батарасда тIоцебеселъеги гьелдаго жаниб батула.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...