Аслияб гьумералде

«… Эбелалдехун хIеренго вукIа»

«… Эбелалдехун хIеренго вукIа»

30 ноябрь букIана Эбелалъул къолъун. Гьелда хурхун киналго идарабаз тIобитIана «Эбелалъул къо» абун цIар кьурал мажлисалги. Гьеб къоялъ киназго хIаракатги бахъана улбузда байрам баркизе, гьел рохизаризе.

 

Эбел абураб рагIи цIакъго кIудияб хIурматалъе мустахIикъаблъун бихьула бусурбабазда. Щибаб миллаталда жаниб жиде-жидер мацIазда руго гIуцIарал назмабигун кучIдул эбелалде гьарурал. МагIарул мацIалдаги щивав шагIирасул кучIдул руго эбелалде гьарурал.

Эбелалъул хIурмат исламалда жаниб бищунго цебе ккураб буго. Аварагасул хIадис буго: «Алжан – эбелалъул хIатIикь буго», - ян ва «Паризаяб какалдаса хадуб лъикIаб гIамал эбел-инсуе лъикIлъи гьаби  буго», - янги.

Хирияб Къуръаналда «аль-Исра» сураялъул 23 аяталда абулеб буго (магIна): «Дуца абуге дур эбел-исуде «уф» абунцин, гьезде ахIдоге, кIалъай хIеренго».

Тарихалда гIемерал биценал руго эбел-инсул адаб тарал лъималазда талихIги рохелги бихьунгутIиялъул, гьел эбел-инсуе кинал рукIун ратаниги, гьезие лъималги гьединалго лъугьунеллъи.

Аварагзаби кин балагьулел рукIарал жидерго эбелалъухъ? Свалат-салам лъеяв МухIаммад авараг ﷺ ХIудайбиялъул рагъул заманалда , асхIабзабигун ва 1000-гIанасев рекIаравгун эбелалъул хабада аскIосан унаго гьенив чIана, гьелъул хабаде зиярат гьабизе. Гьениве щведал гьев кутакалда гIодана ва цадахъ асхIабзабиги гIодана. Гьедин, Аварагас ﷺ бихьизабуна эбелалде бугеб рокьи ва хIурмат гьей хун хадубги тIагIунареблъи.

ГIиса аварагас абуна: «Жеги киниялда вукIаго дида БетIергьанас амру гьабуна эбелалдехун хIеренго вукIа», - ян.

Жинда Аллагь ﷻ разилъаяй ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Аварагас абунила жинда макьилъ бихьанин Алжан ва гьениб берцинго Къуръан цIалулеб гьаракь рагIанин. Жинца гьикъанила гьев щивин ва жаваб гьабунила гьев НугIманил ХIарис вугилан. Аварагас абунила гьеб гьесул лъикIлъиялъухъ бугилан. ХIарис вукIана бищунго эбелалъе лъикIав».

Абу-Гьурайратица абулаан рокъоса къватIиве лъугьунаго: «Дуе талихI ва рохел, эбел, Аллагьасул рахIмат рещтIаги дуде, дун гIезавурай ва дие тарбия кьурай», - ян.

Цо чияс абуна ХIасанул Басриясда: «Дун хIежалде унев вуго ва дие эбелалъ изнуги кьуна гьелъие», - ян. Амма гьес абуна: «Диени эбелгун гIодов чIейго бокьила дур хIежалдасаги», - абун.

ГIавнил ИсмагIилица бицана, цо чи вачIанила МухIаммад ибн Сиринихъе, гьев эбелалда аскIов вукIаго. Гьев вихьидал гъов гьоболас гьикъанила: «Щиб лъугьараб МухIамадие ﷺ, гьев унтунищ вугев?» - ян. Гьесие жаваб гьабунила: «Гуро, эбелалда аскIов гьев гьедин вукIуна», - абун.

 Мунзиру Саврияс бицана, имам Абу-ХIанифаца эбелалъул рас ххалаанилан. Гьедин хIеренго рукIунаан киналго аварагзаби, имамзаби, гIалимзаби жидерго улбулгун.

Гьездаса мисал босун нилъееги лъикIаб букIина улбузул хIурмат гьабизе. Гьаб заманалда цохIо берцинаб рагIи бицаниги кIудияб жолъун букIунеб буго. Радал-бакъанида телефоналъ ахIунгIаги эбелалъулгун хурхен гьабуни, цIакъ рохун рукIуна гьел.

Цо дагьабниги яхI бугев чиясда кин кIочене бегьулеб эбелалъ жив гIезавиги, жиндир кинабго рухIгун жан гьесие кьейги. Гьединги букIаго эбел кин цогидай чIужуялъ хисулей. Жиндирго лъадул кIалдивеги валагьун эбелалдехун хъачIлъи саламатав чияс гьабилищ? Эбелалъул къимат гьабулеб бугони, гьесул къимат рокъосезги гьабула. Амма кинабго гIайиб жиндирго чIужуялдеги рехун вугони, хIасилги лъикIаб кколаро.

Эбел йиго жиндасаго лъикI жиндир лъимер букIине бокьулей, гьелъие лъикIлъи гьабун жинцаго захIмат цIарай ва жеги къварилъи баччизеги хIадурай гIадан. Гьелде данде цоги чи гьаб дунялалда вачIунаро.

Эбелалъул къо гьабулебин абурал тадбиралги лъикIаб, беццараб иш буго. Биччанте кидаго улбул рохун рукIине.

 

 

гIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Къинал руччабазе малъа-хъваял

Лъимер гьабизе йигеб заман буго цIакъ кIвар бугеб гIуж. Гьеб заманалда, хасго чIужугIаданалъ, жиндирго сахлъи ва рацIцIалъи, кванил ва цогидалъулги низам цIунизе ккола. Гьединго халкквезе ккола тIад ретIунеб ратIлида хадубги. Лъимер ва жийго квачалдаса цIунизе ккола, тIадкъараб ретIел, угъдул...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...