РитIухъав вазир Низамул Мулк

Бичасул аварагасул хIадисалда буго: «Халкъалда тIад тарав чиясе лъикIлъи гьабизе БетIергьанасе бокьидал, гьесда кIочараб ракIалде щвезабулев, ракIалда бугелъе кумек гьабулев ритIухъав вазир, ай гIакълучи кьола…», - ян. Гьединав гIакълучилъун вукIана жиндир цIар дунялалдаго машгьурав гIалим, суфи ва селжуказул кIиявго ханасул вукIарав вазир Низамул Мулк.
ГIумруялъул баян
Гьесда цIар букIана Абу ГIали ХIасан ибн ГIали. Низамул Мулк абураб цIаралда гъоркь цIикIкIун жив машгьурлъарав гьев гьавуна гьижрияб 408 соналъул 21-абилеб зулкъагIидаялъ, Хорасаналъул ТIус абураб бакIалда. Гьеб гьабсагIат Ираналъул ракьалде гъорлъе ккола. Гьебго росу ккола дунялалдаго машгьурав имам Гъазалиясул ватIанги.
Жеги каранда бугеб лъимерлъун гьев вукIаго, эбел дунялалдаса ятIалъана. ГьитIинаб къоялдаса нахъе гьесие тарбия кьуна инсуца. ГьитIинго мадрасалде витIана ва вахъана хIафизлъун. Низамул Мулкица гъваридго исламияб гIелму тIалаб гьабун Хорасан, Нишапур, Исфагьан ва цогидалги бакIазда ругел гIалимзабахъе хьвадун.
Исламияб гIелму лъазабиялда цадахъго гьес цIалана арифметика, астрономия гIадал гIелмабиги. Гьесул мугIалимзабазда гьоркьов вуго тIарикъаталъул агьлуялда гьоркьов машгьурав имам алКъушайриги. Гьесул тарбиялъул лъикIаб баракатги щвана Низамул Мулкие.
ХIалтIуде лъугьин
ГIелму цIалун хадуб гIолохъанав Низамул Мулк Афгъанистаналъул ракьалда хIукуматалъул гьитIинабго хIалтIуде лъугьана. Гьениб лъай-хъвай ккана кIодолъун бачIунеб селжуказул хIукуматалъул вакилзабазулгун.
ТIоцеве гьев хIалтIуде восана Хорасан шагьаралъул нухмалъулев Давуд бин МикагIилица. Гьев кколаан гьеб заманалда вукIарав селжуказул хан Тугурлбекил вац. Давудица жиндир вас Алаб Арслание васият гьабун букIана Низамул Мулк дурго эменлъун кквейин, гьесул гIакълуги гIодобе рехугейин абун.
Алаб Арслан вачIана ханасул тахиде ва Низамул Мулк гIагар гьавуна жиндего аскIове. Селжуказул хIукуматалда хIалтIи гьес байбихьана вазирасул кумекчиясул хъулухъалдаса. Хадув гьев восана ханасул хасав катиблъун. Гьеб заманалда вукIарав вазир рацIалъи гьечIев чи вукIана. Гьединлъидал Алаб Арсланица Низамул Мулк гьавуна жиндирго вазирлъун.

Низамул Мулк вукIана хIукуматалъул ишал берцинго нухда рачине кIудияб махщел, хIалбихьи, гIакълу, гIелму ва иман цIикIкIарав чи. Алаб Арслан ханлъун вахъун хадуб гьесда данде жиндирго гIагарлъиялъул гIадамал рахъараб заманалда, Низамул Мулкил ккана кIудияб кумек гьеб питна гIодобе буссинабиялъе ва гьел чагIи гIодоре риччазариялъе.
Гьезул аскаралъул гIадамал цIикIкIун рукIиналъ рахIатхун вукIарав Алаб Арслан гьес гIодове виччазавуна жинца дуе бищунго къуватаб аскар хIадур гьабун бугинги абун. ЩибгIаги гьебин абун гIажаиблъун ханас цIехедал, Низамул Мулкица жаваб гьабуна, гьел ругин гIалимзаби, гIибадатчагIи, суфиял, факъирзаби, ай жидеца дуе дугIа гьабулел ругел.
ХIакъикъаталдаги гьесда кIвана данде вахъине гIураб къуваталъул аскар гьечIониги гIалимзабазул дугIаялъул кумекалдалъун данде рахъарал гIодоре руссинаризе ва жиндирго ханлъи щула гьабизе.
АнцIго сон бана гьес вазирасул хъулухъалда Алаб Арслан ханлъун вугеб заманалда. Иргадулаб рагъулъ гьесие къадар щведал, ханлъун вачIана къого сон барав Алаб Арсланил вас Малик Шах. Гьесги божилъи гьабуна Низамул Мулкиде, мун дие эмен гIадав чи вугин, дица дуде божи гьабун тIамун толеб бугин гьаб хIукуматалъул ишал абун. Гьесда цадахъги хIалтIана къого соналъ. Жиндирго гIумруялъул ахиралде щвезегIан гьеб хIалтIуда вукIана Низамул Мулк.
ХIалтIул лахIзатал
Низамул Мулк вукIана хIукумат нухда бачине бергьараб бажари бугев вазир. Гьесда кIвана киса-кирего жиндирго гIадамалги лъун, лъугьа-бахъунелъул ишал нухда рачине. КинабгIаги ккараб лъикIаб гьечIеб жо гьесда тIоцебе лъалаан ва хехал тадбираздалъун гьеб рукIалидеги бачунаан.
Гьев вазирлъун ругел сонал рикIкIуна селжуказул ханлъиялъул бищунго къуват бугеб заманлъун. Гьес аслияб куцалда тIадчIей гьабулеб жо букIана халкъалда гьоркьоб ритIухълъи цIуни, зулму нахъчIвай, хасго хIакимзабаз халкъалда гьабулеблъун бугеб.
Низамул Мулк ва гIалимзаби
ГIемерал тарихчагIазул хъвайхъвагIазда батула Низамул Мулкил мажлисазда гIахьаллъи гьабулел гIемерисел гIадамал гIалимзаби рукIанин абун. Кинабго гIакълу дандбайги гьезулгун гьабулаанин гьес абун. Гьес кутакалда кIодо гьарулел гIадамал рукIана тIарикъаталъул агьлу. Цо нухалъ гьесда цIехонцин буго щайин дуца гьел кIодо гьарулелин абун.
Гьес жавабалъе бачун буго цо нухалда пуланав чиясул ханлъиялда хIалтIулев вукIаго жинда аскIовеги вачIун цо суфияс абунила, дуца хъулухъ гьабейин дур хъулухъалъул дуего пайда бугесе. Метер гьабзаз кваназе вугесде вуссун заман хвезабугейин. Жинца гьесул рагIабазул милатго гьабун букIинчIила.
Гьев хан вукIанила мехтел гьекъезе бокьулев чи. Гьеб сордоялъ мехтарав гьев вахъун вугоанила жиндирго хъалаялъуса къватIиве. Гьеб хъала цIунизе хьихьун рукIанила цIакъ чIахIиял гьаби. Къаси-къаси гьел риччан толаанила.
Мехтарав гьев гьезде цеве индал, гьабзаз тIутIун ван ватанила. Гьелдаса хадуб жинца суфияз абураб рагIи гIодобе рехуларила, гьезул хIурматги гьабулилан абун кьунила гьес жаваб.
Гьелдаго релълъараб къиса ккун буго Малик-шагьасулгунги. Цо къоялъ гьев, гIайиб гьабун хъачIго кIалъан вуго, дуца пачалихъалъул гIемераб гIарац харж гьабулеб бугин суфияздаги диниял гIадамаздаги тIадиланги абун.
Низамул Мулкица гьесие жаваб гьабун буго, гьеб бугин дица дуе гIуцIараб къасисеб аскар. Дур аскар кьижун бугеб заманалда гьел рахъунин ва бадиса магIуги чвахулаго Аллагьасда гьарделел, дугIа гьабулел рукIунин дуеги дур аскаралъеги. Гьезул баракаталдалъунин нуж къаси парахатго кьижулел ва нужее ризкъигун бергьенлъабиги щолелин абун.

Гьесухъе имам Къушайри, Жувайни ва Абу ГIали Фармади гIадал тIарикъаталъул устарзаби ва кIудиял гIалимзаби рачIараб заманалда, тIадеги вахъун, жиндирго тахалда гIодор чIезарулаан.
Низамул Мулкил бищун кIудиял гьунаразул цояблъун рикIкIине рекъараб буго гьес гIуцIараб мадрасалъул къагIида. Гьесулго цIаралда гъоркь машгьурлъунги бачIана гьеб «мадрасату ан-Низамия» абун.
Гьелъул аслияб мадраса букIана Багъдадалда. Гьеб балаго харж гьабуна 200 азарго меседил гъурущ. Гьебги бан буго кIиго соналда жаниб. Гьелъул фуругIал (филиалал) рукIана щибаб кIудияб шагьаралда, ай Балхалда, Гьираталда, Басраялда, Исфагьаналда, Мусилалда ва Найсабуралда. Багъдадалда бугелъе бетIерлъи гьабизе тун вукIана имам Гъазали.
Гьенир дарсал кьолел рукIана имам Жувайни ва АбуисхIакъ Ширази гIадал кIудиял гIалимзабаз. Гьел киналго мадрасабазда букIана цого программаги. Гьанже бугеб университеталъул къагIидаялда хIалтIулебги букIун буго. Гьелъул мугIалимзабазе гьабулаан хасаб хIадурлъи.
БукIана киналго мадрасабазда хадуб хъаравуллъи кколеб гIалимзабаздаса гIуцIараб хасаб къокъа ва низам. Гьеб мадрасабазда цIалун рахъана гIемерал чIахIичIахIиял гIалимзаби. Гьелъул цо мадраса Дагъистаналъул ракьалда, ЦIахуралдаги рагьун букIун буго. ГьабсагIатги гьелъул мина мажгитлъун хIалтIизабулебги буго.
Гьеб заманалда тIегьан бачIунеб букIараб фатIимидаал, исмагIилитал ва батIинитазул рикьалабазде дандечIей гьабизе, халкъ мекъаб нухдаса хвасар гьабиялъе кIудияб бутIа лъуна Низамул Мулкица гIуцIарал цIалул идарабаз.
Низамул Мулкил хIаракаталъ кIудияб дандечIей гьабуна рикьалаби бусурбабазда гъорлъ тIиритIунгутIиялъе. ХIатта хвалчадул кумекалде ккараб хIалгицин букIана. Гьайгьай, гьеб рекIее гIолеб букIинчIо исламалъул тушбабазе.
Жидер нахъегIанаб мурад цебетIезабиялъе квалкваллъун бихьана гьезда Низамул Мулк чIаго вукIин. 485 соналъул рамазан моцIалъ Низамул Мулк вачIун вукIана Нагьиванд абураб шагьаралде. КIал биччазе данделъараб мажлисалда гьес халкъалъе бицана гьениб ккараб гъазаваталъул ва шагьидзабазул.
Гьеб бакIалдаса къватIиве вахъунаго, суфиясул ретIелгун, гьесда аскIове вачIана батIинитаз витIарав чIвадарухъан. Загьру бахараб нус чанго нухалда кьабуна гьесда ва гьеб бакIалда хирияб моцIалъ БетIергьанас рухIги босана гьев мубаракасул.
ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ