Аслияб гьумералде

Электронияб хъалиян

Электронияб хъалиян

Электронияб хъалиян

Хъалиян бухIиялъул заралги, диналъ гьеб бухIугеян абулеблъиги киназдаго лъала. Амма жакъа цIакъ машгьураблъун лъугьун буго электронияб хъалиян хIалтIизаби.

 

ГIемерав чияс гьикъулеб жоги буго электронияб хъалиян бегьулищин, исламалъ гьелда щиб абулебин абун.

Хъалиян бухIиялдалъун инсанасул ургьибе никотин ва цогидал заралиял загьраби ккола. Танхьил хъалияналдаги электронияб хъалияналдаги гьоркьоб батIалъи щибин гьикъани, гьебги добго загьру буго, амма дагьаб сихIирго, гьуинаб махI гьабун, гIадамал махсароде кквезе ургъараб.

Электронияб хъалиян къва-тIибе биччалел ва гьеб бичулел чагIазул мурад букIуна тамахьо бухIулел гIадамал ва гьанжего гьанже хъалияналде ругьунлъулел гIолохъаби, тамахьоги тун, жидер макърал электронияб хъалиян цIцIункIизе тIами, ай жидеего хайир щвезелъун.

Электрониябищ яги танхьилабищин абуни, цоялдаса-цояб квешаб буго гьеб тIолабго черхалъего.

Электронияб алаталда жаниб тамахьо букIунаро, амма гьелда жаниб хассаб лъамалъи букIуна ва гьеб токалъ хинлъизабун къватIибе бачIараб хIухьел цIцIункIула чияс ургьибе ва хадуб къватIибе пула.

ГIалимзабаз ва тохтурзабаз мухIканго чIезабун буго электронияб хъалиян зарал цIикIкIараб, рак ва цогидал унтаби лъугьиналъе сабаблъун букIин.

Танхьил хъалиян бухIизе бегьунгутIиялъе ругелщинал далилал электронияб хъалиян цIазе бегьунгутIиялъеги руго.

Гьелда жаниб исрапги, боцIи-мал хIарамаб дараналъе хIалтIизабизе бегьунгутIиги буго. Гьединго, электронияб хъалиян гьабизе, бичизе, баччизе, кинаб букIаниги гIахьаллъи гьелъулъ гьабизе бегьуларо.

Гьеб киналъего Къураналъул аятал, хIадисал ва цогидал далилал гьанир рехсезе хIажат гьечIин ккола, гIакълу бугесда бичIчIила.

 

МухIаммад ГIалимчулав

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...