Аслияб гьумералде

Ралагьугеян абулеб буго

Ралагьугеян абулеб буго

Ралагьугеян абулеб буго

Гьаб ахирзаман букIин балъгояб жо гуро. Гьеб бихьулебги буго къо бахъанагIан Аварагас ﷺ хIадисазда рицарал ахирзаманалъул гIаламатал загьирлъулел рукIиналдалъун. Абизе бегьула гIисинал гIаламатал загьирлъанин, чIахIиялги гьанжесеб гIелалда рихьилин. Киниги нилъеда кIочене бегьуларо нилъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндие лагълъи гьабизе рижарал рукIин.

 

Лагълъи гьабизе рижун ругеблъи бичIчIараб мехалда, щивас халгьабизе ккола жиндихъго, гьабулеб бугищ БетIергьанасе ﷻ гIибадат яги гьечIищали, хьвадулев вугищ Гьевги ﷻ Гьесул Аварагги ﷺ разилъулеб хIалалда, яги гьелъул гIаксалдайищ вугевин абун. Гьадин хIисаб гьабичIони, нилъ кватIун ккезе ресги буго. ГIумар-асхIабас абун буго: «ГIарасаталде рахъинарун хIисаб гьабизегIан, чIаго рукIаго нужеца нужерго хIисаб гьабе, гIамалазул пикруги гьабе», - абун.

ХIисаб гьабизе ккола щибаб лагаялъул. Имам Гъазалияс «Бидаятул гьидаят» абураб тIехьалда хъван буго: «Дуда лъай, Аллагьас ﷻ нигIматлъун кьурал, дуда аскIор аманатлъун гьарурал лугбаздалъун мун гIасилъи, гьеб рагIа-ракьанде щвараб къосен кколеблъи. Лугбал руго цIунизе кколел жал, мун балагье, кин гьел цIунулел ругелали», - ин.

Лугбаздаса лъугьунел мунагьал рехсолаго, гIалимзабаз тIоцебе рехсола берал. Гьел ругелъулха бищун гIемерал мунагьал кколеб лугби.

Бер цIуниялде бусурбаби ахIун, хирияб Къуръаналда, Аварагасдехун ﷺ хитIаб гьабун ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абун буго (магIна): «Дуца муъминзабазда абе, МухIаммад ﷺ, хIaрамаб жоялде ралагьиялдаса цIунейин, гьединго, гIавратги цIунейин абун. Гьединаб хIалалда хьвади гьезие лъикIаб буго ва гьел къабихIаб, хIарамаб жоялдаса цIунулебги буго. Аллагьги ﷻ нужеца гьабулеб (балъгояб, загьираб) гIамал Жинда лъалев вуго», - ян (сурату «ан-Нур» 30 аят).

ХIарамалдаса бералгун гIаврат цIунун хьвади ракIал рацIцIалъиялъеги, дин цIуниялъеги бищун лъикIаб буго.

Щиб гIамал гьабулеб бугониги муъминзаби Аллагьасдаса ﷻ хIинкъизе ккола. Аллагьасдаса ﷻ балъго щибго жо хутIуларо.

Рехсараб аяталда бер цIуни, гIаврат цIуниялдаса цебе рехсана, гьеб зина гьаби гIадал ишазде тIамулеб чапар букIиналъ. 

Бер балагьиялдаса байбихьула чияр руччабазул чорхол халгьаби. Цинги рачуна къваригIел гьечIеб ишалдеги. Аллагь ﷻ разилъаяв имам АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «Нужер цояв чIужугIаданалъул берцинлъиялде балагьун хадуб гьес бачIинахъего бер нахъе босидал, гьесие БетIергьанасе ﷻ гIибадат гьабиялъе квербакъи ва гьуинлъи кьола», - абун.

ГIали-асхIабас абун буго Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ абунин: «Мун чIагояв яги хварав чиясул мачIчIалде валагьуге», - ян.

Цебе рехсараб аяталъул хадуселда, бусурбанал руччабаздехун хитIаб гьабунги абун буго (магIна): «Дуца муъминал руччабаздаги абе, МухIаммад ﷺ, жидеца берал хIарамаб бакIалде ралагьиялдаса руссинарейин ва гIавратги цIунейин абун. Жидер берцинлъиги загьир гьабугейин абе, жиб загьирабго бахчун букIунареб гурони…», - ян.

Аяталда рехсараб загьираб берцинлъиялде тафсир гьабулел гIалимзабаз абулеб буго, гьеб кколин тIад ретIараб ретIел ва гьумергун кIиябго квер.

Аварагас ﷺ абунин абун, ГIали-асхIабас бицун буго: «Я ГIали! Цо нухалъ бер щвараб хIарамаб бакIалде дуца кIиабизеги бер буссинабуге. Дуе изну буго (мунагьалде кколаро) авалаб бер балагьиялъулъ, амма кIиабилелъулъ гьечIо», - ян.

Нагагь ралагьун хутIани, тавбу гьабиялде ругьун гьабизе ккола гIамал. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги хIарамалде ралагьунгутIизе, тавбуялда даимлъизе!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...