Аслияб гьумералде

Дурго хIисаб гьанибго

Дурго хIисаб гьанибго

Дурго хIисаб гьанибго

Жагьилав чиясул тохлъи ккола, жиндирго пикраби шаргIиял ахIкамаздаса бергьинаризе хIаракат бахъи. Хасго гьаб заманалда, шаргIалъ хIарам гьабураб жоялда тIасан гали бегьизе лъугьунел гIадамал гIемер ратула. Мисалалъе, шаргIалъ кредит боси хIарам гьабун букIин лъаниги, гьелъие нухал ралагьизе лъугьуна цо-цоял, батIи-батIиял гIиллабиги ралагьун. Гьезда бичIчIулеб гьечIо, дунялалда жидеего рачарал гIузраби, ахираталда Аллагьас къабул гьарулареллъи.

 

Хадуб ракIбухIулеб жоялдасан буго, дунялалда гьабизе бегьулеб букIараб лъикIаб гIамал гьабунгутIи ва тезе бегьулеб букIараб квешаб гIамал тунгутIи. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсон буго капуразулги Аллагьасул амруялда нахъ рилълъунарезулги ахIвал-хIал:

«Гьезул цоясде тIаде хвел бачIараб заманалда, гьес абизе буго: «Дун тIадвуссинаве дунялалде. Щиб лъалеб, дица лъикIаб гIамал гьабизе рес буго», - абун (суратул «Муъминун», 99-100).

КигIан гьараниги Аллагьас гьел тIадруссинаруларо. Къаркъалаялдаса рухI батIалъидал, гьесие щибго жоялъ кумекги гьабуларо, гьарурал лъикIал гIамалаз гурони.

ГIумар-асхIабас абун буго: «Нужецаго нужерго хIисаб гьабе, нужеда тIаде хIисаб гьабулеб къо бачIиналде», - абун.

Квен-тIехги босичIого сапаралде рахъунарелъул, гIакъилав чиясул пиша ккола, тIаде бачIунеб захIматаб къоялде жиндие кумек гьабулебщинаб бакIари ва кидаго хIадурун рукIин.  

Бищунго гIажаиблъи гьабизе бачIуна херав чи, лъикIаб рахъалде хисизе гIамалги гьабичIого, хIарамал жалазде вуссун ватидал. Щибдай гьединас гьабизе бугеб, молодаги лъун метер вачун унеб мехалда? Щиб жавабдай гьес Мункар-Накирасе кьезе бугеб? ГIолохъанчи, жиндирго гIолохъанлъиялда мугъги чIван, мунагьал гьарулев вукIинеги рес буго. Амма херав чияс, сунде мугъ чIвазе бугеб? Аллагьас Къуръаналда хъван буго (магIна): «Яги гIадамазда ракIалдейищ кколеб жал тезе ругин абун, иман лъунин абиялдалъун, щибго хIисабги гьабичIого?» (суратул «ГIанкабут», 2 аят).

Цо-цоязда ракIалде ккола жидеца садакъаги гьабулин, зикруги бачунин ва гьеб гIезе батилин абун. Амма рецIизе какалги кIалалги рукIуна гьезул цIакъго гIемер.

Фикъгьиялъул тIахьазда хъван батула: «РецIизе какал ругев чияс, цIакъго хIажат ругел жал гьари хутIизегIан, кинабго заман гьел рецIиялда тIад хвезабизе ккола», - ян.

Нилъеего цIодорлъи гьабизеги ккола, гурхIизеги ккола ва гурхIулезул бищун лъикIав Аллагьасул гурхIиялдаса хьулги къотIизе бегьуларо.

 

СагIид Залумханов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...