Аслияб гьумералде

Хвезелъун рижарал руго киналго

Хвезелъун рижарал руго киналго

Гьаб дунялалде вачIанщинав инсанас чIамизе буго хвалил кьогIлъи. Гьеб буго нилъеда я цебеккезабизе ялъуни нахъбахъизабизе кIолареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьасул Каламалдаги буго бихьизабураб заманалда щивав чияс хвалил кьогIлъи чIамизе ккезе букIиналъул хъван.

 

 Гьеб аятги буго Аллагьасда божулезе унго-унгояб рахIмат. Щайгурелъул рукIунелъулха гIадамал, гIемер хIинкъиялъ хIакъикъаталдаги хвезегIан чIечIого, нусцIул холел. Гьединазда лъазе рекъарабги буго щивасе бихьизабураб болжал бугеблъи. Гьеб заман тIаде щвечIого хвезе гьечIеблъиги, болжал щведал, кигIан зигарданиги, кир рахчаниги ракьалда чи толареблъиги.

Аллагьги кIочон тун гIумруялъ данде гьабураб бечелъиялъ щивго хвасар гьавизе гьечIеблъиги хIакъаб буго. Гьелъ, ай бечелъиялъ, дунялалъул магIишаталъ инсан талихIавлъунги гьавуларо. Гьеб буго цIараб болжал лъугIидал расги лъачIого тIаса унеб, тIагIун унеб жо. РакIбацIцIадал, лъикIал гIадамазул хIакъалъулъ тIахьал цIалидал, якъинго бичIчIула гьадинаб кIиго хIужа:

  1. Аллагьасде руссиналъул бакIалда бечелъиялде, лъималазде, хъулухъ-ишалде ва гьединабго куцалда дунялалъул пишабазде машгъуллъун рукIарал Аллагьас гьелдего машгъуллъун тола ва гьеб гIиллалъунги чIола гьединазул талихIкъиналъе.
  2. Аллагь ккурал, Аллагьасе мукIурал, Аллагьасул рахIмат-цIоб щвеялъул мурадалда гIумру тIамулел Аллагьасги ккола ва кIодоги гьарула. Гьединал кIиябго рокъоб (дунялалдаги ахираталдаги) талихIаллъунги рукIуна.

ПиргIавн вукIана кверщел кодосев, гIемераб бечелъиялъул бетIергьан. Салманул Фарисийин абуни вукIана мискинчи. Амма гьел кIияздаго гьоркьоб хIакъикъаталдаги бугеб кIудияб батIалъиялъухъги балагьеха. «Аллагьасда божуларесул калам БетIергьанас цIакъго гIодобегIан гьабуна, Аллагьасул Калам сундасаго тIадегIан бугеб мехалда. Аллагь вуго сундаго ХIалкIолев, ГIакъилав». Гьадин бугелъулха хирияб Каламалда.

Салат-салам лъеяв аварагасда гьикъидал, гIадамазул бищунго гIемер балагьал тIаде риччан, Аллагьас хIалбихьулел щал кколелин абун, гьес жаваб гьабуна: «Аварагзаби, Аллагьасул вализаби, хадур Аллагьасде цIикIкIун гIагарал», - ан. Нилъеда лъазе ккола, аварагзаби, вализаби мунагьал гьечIел, ай рацIцIадал ругониги, гьезде рачIунел балагьал-унтаби гьезул даража цIикIкIиналъе рукIин. ТалихIавги гIакъилавги чи ккола жинца дунял-ухраялъул тавпикъ, сахлъи-саламалъи даимго Аллагьасда гьарулев ва кинаб букIаниги балагь-къварилъи тIаде бачIиндал, гьелде сабруги гьабун, мунагьал чуреян, кирилъун хъваян Аллагьасде хIели балев. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Дица нужер хIалбихьизе буго, тушманасдаса зарал нужеде щвеялдалъун, ракъи-къеч биччаялдалъун, боцIи нахъе босиялдалъун, нужеде тIаде батIи-батIиял унтаби, хвелал риччаялдалъун, ракьалдаса баркат бахъун, магIишат мукъсан гьабиялдалъун. Гьезде сабру гьабурав чиясе кIудияб рохел буго Аллагьасда аскIоб», - ан. Цогидаб аяталда буго: «Нужеде щвараб балагь-къварилъи нужецаго гьарурал мунагьаздалъун буго», - ян.

Ибну ГIаббасидасан бицана, гьаб рехсараб аят рещтIараб мехалъ, жинда свалат-салам лъеяв аварагас абунин: «Дир напс жинда кодоб бугев Аллагьасул цIаралдалъун дун гьедула, цо бакI хъарсарабгIан ялъуни хIетIе хъущтIарабгIан, къаркъала сорорабгIан къадаралдацин балагь-къварилъи бусурманчиясде тIаде бачIунаро, гьесул мунагь чуризелъун гурони», - абун. Гьаб рехсараб аят Къуръаналда жаниб нилъ бищунго рохизе ккараздасанги буго. ГIали-асхIабас гьаб аяталъул хIакъалъулъ бицунеб буго, жинда Аллагьасул расулас абунин: «Я, ГIали! Нужеде тIаде бачIунеб кинабниги балагь-къварилъи, унта-щокълъи, цогидаб гIакъуба-къварилъи, нужедаса ккарал мунагьаздалъун буго. ТIадегIанав Аллагьас дунялалдаго гIакъуба-балагьалдалъун чурараб мунагьалъухъ ахираталда гIазаб гьабуларо», - ян.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....