Аслияб гьумералде

Хвасарлъи буго нахърилъиналъулъ

Хвасарлъи буго нахърилъиналъулъ

Хвасарлъи буго нахърилъиналъулъ

Диналъ нилъ ахIула рацIцIалъиялде, рукIарахъиналъулъ мисалияллъун рукIине, дандиясул хIурмат гьабизе, цIикIкIарасул адаб кквезе, гIисиназда гурхIизе. Нилъеда лъала гьединал гIамалал цIунулесул гIадамаз гьабулеб хIурмат, къватIиве вахъаралъуб букIунеб къимат. Гьеб буго суннатаб гIамал.

Аварагасул суннат буго шаригIаталъ бажарараб куцалда тIадчIей гьаби нилъедаса тIалаб гьабулеб жо. Жиб цIунаразе кириги хъвалеб, гьабунгутIиялдалъун кIалгьикъиги мунагьги гьечIеб. Къуръаналъги чанго бакIалда нилъ ахIулел руго аварагасда нахърилъиналде ва гьес ккураб нух цIуниялде. Бищун кIудияблъунги гIела гьесда нахърилъин Аллагьас Жиндиего нилъ рокьиялда хурхинаби. Къуръаналда абулеб буго (магIна):

«Дуца бусурбабазда абе, МухIаммад , нужее Аллагь вокьулев ватани, нуж дида нахърилъа, Аллагьасе нуж рокьила», - ян (сура « Алу-ГIимран», 31-абилеб аят). Нилъер рахъалдаса нахърилъин букIине ккела исламияб дин цIунун хьвади ва гьесул суннат тIубалеллъун рукIин.

Пикру гьабе

Нилъ кванала, гьекъола, кьижула, рахъуна ва цогидалги гIадатиял гIамалал гьарула. Гьел киналго руго аварагасги гьарулел рукIарал гIамалал. Гьаниб бачIунеб буго цо хIикматаб жо. Пикру гьабе, гьел гIамалал гьарулелъул чиясул ният бугони «гьабги аварагас гьабулеб букIана, гьединлъидал дицаги гьесда нахъвилъун гьабилин», - абураб, гьелдалъун чиясе хъвазехъин буго суннат цIунаралъухъ щолеб кири. Цоги жо гьечIониги гьеб гIеларищ бусурбанчиясе диналъулъ бугеб талихIалдаса?!

ХIакимидасан бицараб хIадисалда буго: «Дица нужее нахъе толеб буго жиб цIуниялдалъун нуж киданиги къосун ккезе гьечIеб Аллагьасул калам ва Гьесул расуласул суннат», - ин. Аварагасда хадур рачIарал асхIабзабаз, табигIуназ, имамзабаз, гIалимзабаз хасаб кIвар кьолеб букIана суннаталда нахърилъун гIамал гьабиялде.

Бищун хIикматаб…

АсхIабзабазулъ букIана аварагасда нахърилъун, гьес гьабураб гьабун хьвади. Бицен буго, МугIавият ибну Куррат абурав чияс аварагасе ислам къабул гьабиялдалъун рагIи кьолеб мехалъ Аллагьасул расуласул халгIаталъул маргъалал ран рукIинчIин. Гьелдаса хадуб исламги къабул гьабун гIемераб заман баниги МугIавиятги гьесул васги лъиданиги рихьичIила я хасало я риидал халгIаталъул маргъалал ран. Тарихалъул гIалимзабаз хъвалеб буго гьединаб букIанила кигIан гьитIинабги жоялъулъ аварагас гьабураб гурони гьабунгутIи асхIабзабазулъ.

ГIажаибаб лъугьа-бахъин

Мужагьид абурав асхIабас бицун буго: «Цо нухалъ ниж ГIумарил ГIабдуллагьгун сапаралда рукIана. Пуланаб бакIалде щведал ГIабдуллагь циндаго хIикматаб валагьиялъ цояб рахъалде вуссана. Цадахъ рукIаразул цояс гьесда цIехедал гьелъул магIна, ГIабдуллагьица абуна: «Дида вихьана Аллагьасул расул гьаб бакIалде щведал гьедин вуссунев, дицаги гьес гьабураб гьабуна», - ян (АхIмад).

Цоги нухалда Маккаялдаса Мадиналде унев вукIарав чи ГIабдуллагь пуланаб гъотIокье щведал, гьенив гъоркьги вегун кьижизе лъугьана, жинда гьанив гъоркь авараг кьижун вихьун вукIанинги абун (Баззар). Гьединаб тIабигIаталъул чагIи рукIана асхIабзаби, жидее рухIалдасаги авараг вокьулел ва гьес гьабураб гIамалда нахърилъин бокьулел. Аллагьас насиб гьабеги гьесдехун рокьи

Имам Гъазалияс хъвалеб буго: «Аварагасул суннат цIунарасе кьолеб Алжаналда цо хасаб бакI ва даража буго. ГьабичIого таниги бегьулин абун суннат цIуни дунялалъуб рокъоб тарасда Алжаналде щведал бихьизабулеб буго гьеб бакI ва абулеб буго: «Дуе кьечIониги бегьула гьаб тIадегIанлъи ва даража», - ян.

Суннат цIуни

Лъазе ккола аварагасда нахърилъин гьесул шаригIат цIуни бугеблъи. Аллагьасул Каламалъгун шаригIаталъ нилъедаса тIалаб гьабула гIалимзабазда нахърилъин, гьез бихьизабухъе хьвади. Жидер иргаялда гIалимзабазги шаригIаталдаса бахъун ккараб нилъеда малъуларо (хIакъикъиял, жидерго напсаниял мурадазда нахърилъунарел гьел ругебгIан мехалъ).

Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Аллагьас иман лъурал гIадамал даражаялъ тIадегIан гьаризе руго, гIелму жидее кьурал абуни жеги рорхизаризе руго», - ян (суратул «Мужадалат», 11 аят). ГIалимзабазул хIакъалъул Анас ибну Маликидасан бицараб хIадисалда буго: «ГIалимзаби – Аллагьасул лагъзадерида цере аварагзабазул божарал чагIи руго», - ян.

Гьединлъидал, щивасда лъазе ва бичIчIизе ккола Къуръаналда ва аварагасда гурони жал нахърилъунарин рукIунел чагIаз бицунелда хадур рилъиналдалъун мекъи ккезе рес бугеблъи. Масала, цояв унев вуго гучаб рохьосан, гьаб бугин битIараб нухинги абун, лъазего лъалареб рахъалде валагьун. КIиабилев унев вуго нухги рохьалъул хIалги лъалев цевехъангун цадахъ. Кинав гьезул мурад бугеб рахъалде щвелев? Цевехъангун вугев щвела, нухда мекъиги ккеларо. Гьединабго жо буго шаригIатгун суннат цIуниги.

МУХIАММАД САЛМАНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...