Аслияб гьумералде

Сабруялъ даража борхула

Сабруялъ даража борхула

Хирияв Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Я Авараг, дуца гIадамазда абе, гьезда ракIалдейищ кколебин жидеца иман лъунин абураб рагIиялда гIейги гьабун, батIибатIиял балагьаздалъун жидер иманалъул хIалбихьи гьабичIого телин абун», - ян. (Сура Аль-ГIанкабут, 2).

Нилъеда лъазе ккола нилъер мунагьал чуризе рукIине Аллагьас нилъеде тIаде батIи-батIиял къварилъаби риччазе рукIин. Щай абуни, нилъ руго хирав БетIергьан Аллагьасе бищун рокьулел лагъзал, ай МухIаммад аварагасул уммат.

Мунагьги нилъехъа ккола, гъалатIги ккола, амма бищунго хириял щал кколелин абуни, гьел ккола тавбуги гьабун лъикIалде руссарал. Гьеб тавбу къабул гьабун букIиналъе сабабги ккола муъминчиясде тIаде батIибатIиял захIмалъаби риччай.

Аллагьасда гьаб халкъ бижилалде цебего лъалаан лъица щиб мунагь гьабизе бугебали. Гьединлъидал нилъеда ракIалде ккезего бегьуларо гьединал хIалбихьиял гьарун гурони Аллагьасда гьел лъаларин абун.

СагIид афандияс (къ.с.) «Танбигьул гIавамалда» хъвалеб буго: «Бадруялъул гъазаваталда тIоцеве шагьидлъун вуго МагьжагI абурав асхIаб. Гьев хведал гьесул эбел-эмен ва хъизан-агьлу лъугьун буго гIодизе, чIичIидизе ва цинги рещтIун буго тIадехун рехсараб аятги, гьединазе сабру гьабизе букIине ва Аллагьасдехун гьезул рокьи цIикIкIине.

Аллагьас нилъ ахIулел руго балагьазде сабру гьабизе ва кантIизарулел руго захIмалъабаздалъун иманалъул хIалбихьизе букIиналде.

Инсан вукIуна кIиго батIияв: сабруялда чIаравги ва сундулъго зигардулевги, ай иман камилавги загIипавги. Мисалалъе, ибну ГIатIаиллагьица «РухIул баяналда» хъвалеб буго лагъасул иманалъул камиллъиги загIиплъиги баянлъулин гьев эркенлъиялде ва балагьалде ккараб мехалдайилан.

Нилъеда кIочене бегьуларо захIмалъиялда хадуб бигьалъи букIунеблъи. Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «ЗахIмалъиялда, къварилъиялда хадуб лъикIлъиги бигьалъиги букIуна», - ян. Гьелъин нилъее лъикIаб бугеб сундулъго сабруги гьабун рукIине.

ЗахIмалъабиги къварилъабиги аварагзабаздеги, асхIабзабаздеги, табигIуназдеги, гIуламааздеги, имамзабаздеги рещтIана ва амма гьел сабруялда чIана, Аллагьасе сундулъго реццги гьабуна. Гьедин, ай гьездаса мисал босун рукIине ккела нилъги.

ХАЛИД ПАЙЗУЛАЕВ, ДГИЯЛЪУЛ СТУДЕНТ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...