Аслияб гьумералде

Балагьал нахъчIвалеб

Балагьал нахъчIвалеб

Балагьал нахъчIвалеб

Цо-цо чагIи рукIуна зигардулел налъаби ругин яги балагьазулъ къан ругин абун. Нилъеда бичIчIулеб гьечIо балагь нахъе босиялъе аскIобго цун сабаб бугеблъи. Гьеб ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеда тIадкъараб паризаяб щуябго как.

Гьелъул асар нилъее щола как тIобитIараб куцалда. Цо нухалъ цояв вачIана дида аскIове чанго суал бугинги абун. КигIан дица как баниги гьелъ дун цIунулев гьечIила гIасилъабаздаса, гьелъ цIунулин абураб жо дида гьересилъун бихьулила абуна гьес. Гьесда ракIалда ккараб къагIидаха, как бараб мехалъ жив балагьаздаса цIунулин абун.

Гьесда ракIалдего ккун гьечIо как кин балеб бугебали балагьизе. Гьесие гьеб хIал баян гьабидал, мукIурлъана.

ХIадисалда буго рогьалил как жамагIаталда барав чи тIубараб къоялъ Аллагьасул ﷻ цIуниялда гъоркь вукIунин абун. ВукIинаха нилъеца кIвар кьун, мухIканго, берцинго, Аллагьги ракIалда ккун как бани. МагIарда ругел цIцIаниги ракIалда ккун бараб какалъул щиб мунпагIат букIинеб?

Фузайл бин ГIиязица абуна: «Къаси вахъун как базе ва къад къоялъ суннатаб кIал кквезе бажаричIеб мехалъ, дуда лъай, дуца гIемерал мунагьал гьарун рукIин. Мунагьаз нилъер лугбал рикIкIад гьарула гIибадат гьабиялдаса.

Какалъ ризкъи тIаде цIала, черх цIунула. Гьединго гьелъ рацIцIуна рекIел унтаби, гьурмада нур чIвазабула, кIвахIаллъи инабула, лугбазе тиха-кIирчи кьола, баракат тIаде цIала, шайтIан рикIкIалъизабула, Аллагьасул ﷻ рахIмат щола.

Какалъ кIудияб асар гьабула дунялалъул рокъор ругел балагьал нахъчIваялъеги. Гьеб кинабго букIуна загьиралдаги батIиналдаги нилъеца кколеб хIакъ какил тIубараб мехалда. Какилъе лъугьиндал, кидадай бан лъугIилаян вукIунев чиясе щиб асар гьелъ гьабилеб?

Как ккола Аллагьасулгун ﷻ нилъер бугеб хурхен. Нилъер хурхен кигIан бугебали балагьун, лъикIлъиялъул нуцIби рагьула, гьедигIанасеб къадаралда дунялалъул балагьал нахъчIвала. Аллагьасдасан ﷻ гьесие тавпикъги щола. Гьеб тавпикъ камун нилъ тогеги.

Какалъ нилъер гъалатIалги рацIцIуна. Гьединго какилъ кIарчанлъи гьабурасе, Аллагьас ﷻ гьукъула, холеб мехалъ «Лаилагьа илла Ллагь» абизеги.

НафигI абурав табигIунас бицана, ибну ГIумарица къаси сордоялъ какал ралаго гьикъулаанила рогьанищин абун. Жинца жаваб гьабулаанила рогьинчIин абун. Гьев цинги цIидасан какде вуссунаанила. КIиабилеб нухалда гьикъидал, жинца жаваб кьолаанила рогьанин абун. Гьеб мехалъ тавбу ва дугIа гьабун, тIаде вахъунаанила.

Тагьажуд какалда тIадчIей гьабурал гIадамазул гьурмазда нур букIуна. ХIасанул Басриясда гьикъидал гьединазул гьурмал щай берцинго рукIунелин абун, гьес жаваб кьуна Аллагьасул рахIмат щвеялъ, гьелъ гьезие нурги щванин абун.

ТIалхIат ибн Масрафица абуна: «Дихъе хабар щвана къаси инсан тагьажуд базе вахъиндал малаикас абулин рохел бугин гьесие», - абун.

Цебе иблис бихьулеб букIана. Цо нухалъ гьелда цояс гьикъула, дуда релълъун вукIине ккани, щиб гьабизе кколебилан?

ШайтIаналъ абула дида релълъун вукIине бокьани, какилъ кIарчанлъи гьабейин. Гьес шайтIаналда абула, дица къотIи гьабунин ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ как тезе гьечIин абун ва гьедизеги гьечIин киданиги. Гьеб мехалда шайтIаналъ абула, дун махсароде ккун букIинчIин лъицаниги, гьанжеялдаса нахъе гьедулин лъиениги насихIат гьабизе гьечIин абун.

ХIатаму Загьид уна ГIасим бин Юсуфихъе. ГIасимица гьесда гьикъула как берцинго балищ дуцаян. Гьес абула балин. ГIасимица гьикъула кин балебали бицеян?

ХIатамица бицуна какил гIуж щведал, мухIканго какие чурулин. Хадуб вахъун чIолин как балеб бакIалда, киналго лугбал ритIун чIезегIан. ЦебечIезабулин КагIба-рукъ, каранда цебечIезабулин Макъаму Ибрагьим. Дида кколин дир хIатIал СиратIалъул кьода ругин ва алжанги кваранаб рахъалдасан, жужахIги квегIаб рахъалдасан бугин абун. РакIалдеги кколин хвалил малаик нахъа вугин ва дир ахирисеб какги гьаб бугин абун. Берцинаб куцалда Аллагьу акбар абулин, цIалулеб жоялъул пикруги гьабулин. РукугIги сужудги хIелун гьабулин. АттахIият цIалулин Аллагьасде хьулгун, саламги кьолин ракIбацIцIадго, цинги вукIунин хIинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьов.

ГIасимица абула: «Я, ХIатим, дуца гьединищха как балеб?», - ян. Гьедин балелдаса 30 сон бугин абидал, ГIасим гIодула ва абула дуцагIадин цониги как дица бачIин абун.

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...