Аслияб гьумералде

ГIадамазул бищун квешав

ГIадамазул бищун квешав

ГIемер руго питна бекьизе хIаракат бахъулел гIадамал. Гьебгиха, диналъ абунги бугеб мехалда, питна багъарулеб жо тейин абун. Цо-цоязда ккола жал кидаго ритIарал ругин абун. Амма дагьабниги гIакълу бугесда бичIчIула жинда бараб жо щибго гьечIеблъи.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ загIипавлъун вижарав инсанасухъ щиб къуват букIунеб? Нилъеца абула гIемер гаргадулев чи мекъи кколин, амма ургъичIого гIемераб жо бицунебги батула. ГIалимзабаз абула кколареб бакIалда гаргадулев чияс къваригIел гьечIел рагIаби гIемер абулин. Гьедин ккезеги ккола. Нилъ ургъизе ккеларищ щибаб рагIуда тIад. Питна кколеб батани жибго тезе ккела. Нилъер дин загьиралда букIун гурони, ракIалдасан гьечIо. Гьелъ гIадамазда гьоркьоб тушманлъи, питна гьабулел чагIи къиямасеб къоялъ чIорого хутIула. ГIадамазда гьоркьоб маслихIат гьабиялъулъ кIудияб кири буго.

Анас ибну Маликица абуна: «КIиго чиясда гьоркьоб маслихIат гьабурав чиясе щибаб рагIи рикIкIун лагъ тархъараб кири щола», - ян.

ГIали ибну ТIалибица абуна: «ТIадал жалаздасан ккола бусурбанав вацасул рекIелъе рохел лъугьинаби», - ян.

 ГIадамазда гьоркьоб маслихIат гьаби ккола аварагзабазул гIаркьалабазул цояб, гьезда гьоркьоб питна багъаризаби ккола сихIруялъул гIаркьалабазул цояб. Кинаб рахъ тIаса бищилебали нилъецаго пикру гьабизе ккела. СихIруялъул мунагь кигIан кIудияб бугебали нилъеда лъала. Авараглъиялъул даражаги лъала кигIан кIудияб бугебали.

Имам АвзагIияс абуна: «ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ бищун бокьулеб гали ккола гIадамазда гьоркьоб маслихIат гьабизе тIамулеб гали. КIиго чиясда гьоркьоб маслихIат гьабурав чи Аллагьас ﷻ цIунула жужахIалдаса», - ян.

Жакъа питна багъаризабизе цIакъго бигьалъана, хасго интернеталъул кумекалдалъун.

ЯхIъя ибну Аби Касирица абуна: «МацI гьабулев чияс цо къоялда жаниб пасалъи цIикIкIун гьабула моцIалъ сихIручияс гьабулареб», - ян. Балагьеха, диналъул вацал ва яцал, кигIан кIудияб балагь мацIалъ гьабулеб бугебали. АсхIабзабаз мацIал цIунизелъун кIалдиб чIимих кколеб букIун буго. Щайгурелъул, ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цебе жаваб кьезе кколеблъи гьезда лъалеб букIун.

ГIалимзабазул цояс абун буго: «МацI гьабун хьвадулев чиясдаса квешав чи ватиларо. Щайгурелъул гьес гIадамазда гьоркьоб рокьи-хинлъи къотIизабулеб букIун», - ян.

ХIисаб гьабе, тIубараб жамагIаталда гьоркьобе ракьа реххулев чиясул кинаб хIал букIине бугебали?

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...