Аслияб гьумералде

ТIаса-масаго тезе бегьуларо

ТIаса-масаго тезе бегьуларо

ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ рецц буго, дунялалъуб рокъоб кинабниги заралдасаги цIунулеб, хасго ахираталда жужахIалъул цIаялдасаги цIунулеб битIараб дин халкъалъухъе рещтIинабуралъухъ. Цинги, бищун хирияб свалатгун салам лъеги гьеб дин халкъалда малъарав Бичасул аварагасда ﷺ  ва гьесул агьлу-асхIабзабазда.

 

Жакъа кIудияб балагьлъун буго диналдаса руссин, Къуръан-хIадис жидерго напсазе бокьухъе хIалтIизаби. Щивав бусурбанчиясда лъазе ккола гьабулеб гIамал, абулеб рагIи, хьвада-чIвади шаргIалъул цIадирабазда лъезе кколеблъи. Лъолеб бугищха? Масала, лъудбузда цIарал тIамулеб мехалда. Ва цIар тIамиялъул ишги мухIкан гьабичIого, цIидасан рекъезеги рекъола. Гьеб буго жагьиллъиялъул гIаламат. Гьединлъидалин тIадаб бугеб халкъалъе бичIчIикьеялъулаб хIалтIи гьабизе.

Диналъул амраби тIаса-масаго толел руго, махIрамиял цадахъ гьечIого, руччабаз сапарал гьариялъулъ.  Гьединго, бертабалъ, базаразда, батIи-батIиял хъулухъазда ва сапаразда бихьиналги руччабиги рукIунел руго жура-гъуран.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул амруялда хилиплъи гьабулел, гьелда нахърилълъунарел чагIазда цIунун чIаян абе тIаде бачIине бугеб балагьалдаса яги щвезе бугеб кутакалда унтизабулеб жужахIалъул гIазабалдаса», - абун («ан-Нур» 63).

Нилъ кантIизе ккола Аллагьас ﷻ рахIматалъул нуцIа рахан гьечIеблъиялде. Лъазе ккола къосарав инсан Аллагьас ﷻ кидаго Жиндир гурхIел-рахIмуялде ахIулев вукIин ва тавбуялъул нуцIа рагьухъе букIин.

Къуръаналда буго (магIна): «Нужеца киназго Аллагьасе тавбу гьабе, муъминзаби, хьул буго нуж ахиралда рохилин абун» («ан-Нур» 31).

 

ХIабиб ГIисаев, ХарачIи росдал имам

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...