Аслияб гьумералде

Какилъ салам кьеялъул баян

Какилъ салам кьеялъул баян

Какилъ салам кьей ккола какдаса вичи, ай гьеб тIубазаби. Салам кIицIул кьезе суннатаб буго. КIиябго нухалъ «Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагь» абун кьела салам.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

ТIоцебесеб салам кьолаго гьумер тIубанго кваранаб рахъалде буссинабизе суннатлъула, битIун нахъа гIодов чIарав чиясда салам кьурав чиясул кваранаб кIаркьен бихьуледухъ.

КIиабилеб салам кьолаго, гьединго гьумер буссинабила квегIаб рахъалдеги. КIиябго нухалъ салам кьейги байбихьула гьумер къилбаялдехун буссун букIаго. КIиябго салам, кIиябго рахъалде тIубан гьумер буссинабиялда цадахъ лъугIизабила. КIиябго салам цоцадаса батIа гьабизеги суннатаб буго. Кваранаб рахъалде салам кьолаго, дунялалъул рагIалде щвезегIан кваранаб рахъалда ругелщинал малаикзабазе, бусурманал гIадамазе, жиназе салам кьезе абун ният гьабила. Гьединго ният гьабила квегIаб рахъалдехун салам кьолагоги.

ЖамагIаталда как балеб мехалъ имамас, кваранаб рахъалде салам кьолаго кваранаб рахъалда ругезе, квегIаб рахъалде салам кьолаго квегIаб рахъалда ругезе салам кьезе абун ният гьабила, битIун нахъа ругезе кинаб саламалдалъун ният гьабуниги бегьула. ЖамагIаталда как баразги кIиябго салам кьолаго кваранаб-квегIаб рахъалда ругезе салам кьезе ният гьабила ва цоцазе салам буссинабизеги ният гьабила.

Масала, кIиабилеб салам кьолаго, кваранаб рахъалда ругезе салам буссинабила квегIаб рахъалда ругез. ТIоцебесеб салам кьолаго квегIаб рахъалда ругез салам буссинабила кваранаб рахъалда ругезе, битIун цереги нахъаги ругез кIиябго саламалъул бокьаралдалъун ният гьабила.

ШагIранияс хъвалеб буго, салам кьелалде цебе Аллагьасда ракIалъ изнуги гьарила какилъа ватIалъизе абун. Салам кьезе байбихьигун какилъа ватIалъизе абун ракIалъ ният гьабила. Салам байбихьилелде гьединаб ният гьабуни, как батIуллъула.

Имамас кIиябго салам кьун хадуб гурого, хадуб как балес тIоцебесеб саламги байбихьуларо. Имамас салам кьун хадуб как балес салам кьечIого дугIа-тасбихI гьабулевги вукIун кватIун салам кьезеги ихтияр буго. Имамас салам хадур ругезда рагIуледухъ кьола, хадур ругез щивас жиндаго рагIуледухъ кьола.

Гьал суннатал жал нилъеца тIурани, кири цIикIкIуна ва аварагасул суннат тIубаравлъунги вукIуна. Парз тIубан гурони балареб как релълъуна квер, мегIер гьечIев чиясда. Амма кверги, мегIерги, хIетIеги берцинаб куцалда бугони, кигIан берцингоха букIинареб? Гьединго буго какги. КIванагIан как къачIазе хIаракат бахъизе ккола.

Аллагьас тавпикъ кьеги.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Тафсир агьлуялъул маяк

Имамзабазул, хасго чIахIиял гIалимзабазул къимат лъала гьезул таржама гъваридго лъазабидал. Гьелдаго цадахъ имам вокьизеги вокьула. Амма лъаларев чи вокьизе кIоларо. Аварагас ﷺ абухъе, гIалимзаби ккола гьесул ирисилал. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ жинда хадуб тола гIелму. Гьел ккола гьеб ирс босулел ва...


Кин цIуни гьабилеб?

Адамил лъимер битIараб нухдаса къосинабизе, квешаб гIамал гьабизе гьесизабизе кидаго хIаракат бахъула иблисалъ. Гьелдаса цIунизе инсанасе бищун кумек гьабула Аллагьасдаса ﷻ кумек тIалаб гьабиялъ.   Гьедин гьабейин Къуръаналда абулебги буго (магIна): «…рахIматалдаса бачахъараб...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.   Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие...


Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас ﷻ гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.   Масала, Муса аварагасул шаргIалда...