Аслияб гьумералде

ГIарцудалъунищ ислам цебетIураб?

ГIарцудалъунищ ислам цебетIураб?

ГIарцудалъунищ ислам цебетIураб?

Цере рукIарал ханзабазул иш цебе унеб гIадат букIана бечелъиялдалъун, яргъидалъун ва боялъул хIисабалдалъун. Гьелдаго релълъун, нилъер гIадамазул пикруялда рекъон, бокьараб иш цебе ине ккани, тIоцебесеб иргаялда, кодоб гIарац букIин шартIлъун рикIкIуна. Чиясул къиматги гьабула, гьаб заманалда, чвантихъ балагьун. Кисиниб жо бугев чиясул хIалтIи цебе унеблъунги рикIкIуна. Гьелдаго релълъун, гьаниб бачIунеб суал ккола, Ислам дунялалдаго тIибитIиялъе гIилла щибдай ккарабин абун.

 

Нилъер заманалъул гIада-мазул кIудияб тохлъи буго, асхIабзабазул ва умумузул тарих лъангутIи. Цере рукIарал бусурбабазул рукIа-рахъинги гьезул тарихги лъангутIиялъ нилъ лъугьуна, бусурбанал гурезул рукIа-рахъиналда нахърилълъунеллъун.

Нилъее Аллагьас кьураб тIадегIанлъи, нилъецаго рехун тун буго. Цо-цо бихьиназ тIадегIанлъилъун рикIкIуна тIад ретIелги гьечIого клеткаялда жанив вагъи ва гьелъухъ ралагьулел бусурбабиги хIарщ гIадин руго. Амма мажгиталде, вагIзаялъухъ гIенеккизе, жамагIатгун как базе вачIайин абун, щекъер бакъвазегIан гьардезе кколеб буго. Гьелдаго релълъун, цо-цо руччабаз, хIижаб ретIи сурукъаб жолъунги рикIкIун, Европаялъул модалдеги руссун. Гьел модаби гIуцIулел бусурбабазда данде кидаго рагъ гьабулеллъун рукIиналда тIадги ургъичIого. Цинги нилъее къваригIун буго, нилъ сабаблъун Ислам цебетIезе. Гьеб киданиги букIунареб жо буго.

 

Ислам цебетIеялъе гIилла

ГIакъилав чиясда лъала, Исламалъул хIалтIи цебе ине ккани, дагьаб бугониги шагьи къваригIинчIого букIунареблъи, хасго нилъер заманалда. Амма гьеб тIоцебесеб шартI гуро. Аварагасул ﷺ заманалъухъ балагьани, гьесул иш бечедав вукIиналъ гуро цебе араб. Вакъун, квине квен гьечIого хутIараб заманги букIунаан гьесул. Гьединго асхIабзабазул ишги, хIатта ункъавго халифасул, ресалда рукIиналъ гуро гьез бергьенлъаби росарал.

Кавказалъул имамзаби, чванта гIарцул цIун букIиналъ гуро, дунялалдаго машгьурлъарал. Бищунго цIакъ гьезул иш цебе иналъе ккараб гIилла буго Аллагьасул нух гьез кквей ва гьеб сабаблъун Аллагьас гьезие квербакъи. Диналъ амру гьабураб - гьабун, нагью гьабураб - тун, жидерго тIадегIанлъи, шаргIалъ малъаралда нахърилъиналъулъ бихьун. Гьеб тIадегIанаб шаргI ккурав чи, тIадегIанлъичIого хутIуларо. Аллагьас квербакъичIев чиясул иш, киданиги цебе унаро, дунялалда бижанщиналъ кумек гьабизе лъугьаниги. Цебе билълъаниги, данде багъизе батула, ва Къиямасеб къоялъ гIазаб цIикIкIиналъе сабаблъунги чIола. Къуръаналда буго: «Ле, иман лъурал гIадамал! Нужеца Аллагьасе кумек гьабуни (гьесул дин ккун), Аллагьас нужееги квербакъула. Нужер хIатIалги къвакIун чIезарула» (сура «МухIаммад», 7 аят).

Аллагьасул дин кквечIев чиясе, миллионал хвезаруниги дин цебетIеялъе, загьираб кумек гьабуларо. Цо заманалда ГIумар-асхIабасухъе витIун вачIуна персазул Къайсарханас чапар. Гьесда Мадинаялда кIалгIабиги чIухIарал минабиги ратичIо. Гьес гьикъула нужер хан кив вугевилан. Жаваб кьола жидер амир гурони, хан гьечIилан. ГIумар-асхIабасда хадув арав персасда цо гъотIол рагIдукь вегун, аскIов чи гьечIого, кьижун ватула бусурбабазул халифа. Гьедин гьев вихьидал, персазул вакилас абула: «Дунялалъул ханзаби жиндаса хIинкъулев чи гьаб хIалалда вукIине кканиха. Дурго рагIияталда, ритIухълъиги цIунун, гIадлуги гьабун, кьижун вуго мун, ГIумар. Нижер ханас халкъалда зулму гьабула ва гьес сардал кидаго хIинкъун рогьуна. Дица нугIлъи гьабула дур дин хIакъаб букIиналъе, дун нужехъе расуллъун витIичIевани, дица ислам босилаан. Амма исламги босун дун тIадвуссун нужехъе вачIине вуго», - ян. (МухIаммад ХIамзаев, «Хириял Халифзаби», гь. 92). ГIумар-асхIабас жиндиего тIаса бищарабги ккола мискинчиясул гIумру, бечедасул бищизе рес букIаниги. Гьедин Аллагьасукьа хIинкъи жидеда жаниб бессун бугеб заманалда, щибниги вагъа-вачари гьабичIониги, гъотIол рагIдукь кьижун вугев ГIумар-асхIаб вихьи гIола персазул чапарасе, ислам босизе хьул лъезе букIине.

Нужеца пикру гьабе, асхIабзабазе кьечIеб, ислам тIибитIизабизе гIемерал ресал нилъее Аллагьас кьеялдаго цадахъ, ислам къабул гьабулев чиго вукIунев гьечIо. Щибдай гьелъие гIилла? Нилъедаго жаниб гьечIеб дин цогидазда малъизе лъугьараб мехалъ, доз къабул кин гьабилеб, аскIобе къазецин биччалищ? Мисалалъе, хъалиян бухIулев инсуца васасда абулеб бугони бухIугейин абун, гьелъ щиб асар гьабилеб?

ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абун буго: «Ле, иман лъурал гIадамал! Нужецаго гьабулареб цогидазда гьабейилан щай нуж кIалъалел?» («Ас-Саф», 2 аят). Дин цебетIезе ккани, кIалдиб полоп базегIан гьелъул бицунел рукIине кколаро. Дин нилъецаго гьабизе байбихьизе ккола. Цинги Аллагьасул хIалкIолъиялдалъун ва нилъ сабаблъун гьеб цебе ине рес буго.

 

СагIид Залумханов

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


ХвезегIан хьитал ретIинчIев

ЦIар рагIарав гIалимчи Ибрагьим ХIарбияс бицана Бишр бин ХIарисияс абулеб рагIанин: «Нилъедаса ратIаралъарал цо-цо чагIи ракIалде щведал, ракIал чIаголъун рачIуна. Амма руго цо-цо чагIи жал рихьидал гIадамазул ракIал холел», - ян.   Гьаб макъалаялда бицен гьабизе бугевги ккола...


Цолъиялъулъ букIуна баракат

Шамил районалъул Гъоркьа Бакълъухъ росдал жамагIатгун дандчIвана ДРялъул муфтиясул заместитель Насрула Абубакаров, миллияб политикаялъул рахъалъ министерствоялъул ва районалъул администрациялъул вакилзаби. Гьениб бицана цоцазе кумек гьабизе, цадахъ рекъон вацлъиялда рукIине ва хасго гьаб рамазан...


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...


Медалалдалъун кIодо гьаруна

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул медаль ва цогидалги шапакъатал кьуна «Инсан» фондалъул хӀалтӀухъабазе ва кумекчагIазе. Медалалдалъун кIодо гьаруна СВОялъул заманалда гьез гьабураб ва гьабулеб бугеб кумекалъухъ, гьединго, ВатIаналъул унго-унгоял патриотал жал рукIин бихьизабулеб...