Аслияб гьумералде

РахIат хвезабулеб

РахIат хвезабулеб

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндирго лагъзадериде амру гьабуна хасал къотIаби цIунеян гIумру гьаби бигьалъизе букIине. Гьединаздасан ккола гьабураб къотIи тIубазаби. 

 

Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясда тIадаблъун гьабуна кьураб рагIи ва къотIи-къаял тIуразари, гьел руго Аллагьасукьа ﷻ хIинкъулел чагIазул гIаламаталги.  

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна: «Ле, Аллагьасда ва Гьесул Аварагасда ﷺ иман лъурал гIадамал! Нужеца къотIи-къаял тIуразаре Аллагьасдаги цоцаздаги цебе», - ян («Сафват ат-Тафасир», суратул «Маидат», 1 аят).

Нилъеда бичIчIизе ккола иман инсанасдаги ТIадегIанав Аллагьасдаги ﷻ гьоркьоб бугеб цIакъ кIвар бугеб къотIи-къай букIин. Амма ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьеб аяталда амру гьабулеб буго кинал рукIаниги къотIи-къаял тIуразариялъулъ нилъеца цIодорлъи гьабеян. 

Щивав чияс щибаб къойил гIемерал къотIи-къаял гьарула ва цо хасал жавабиял ишал тIаде росула. Гьес кьураб рагIиги кколеб, гьабураб къотIиги тIубазабулеб гьечIони, гьесие халкъалда гъорлъ ишал гьаризе цIакъ захIмалъизе буго. Хирияс ﷺ хIадисалда рехсана къотIи тIубазабунгутIи бугин мунафикъасул гIаламатаздасанин. Имам МухIаммад Магьдияс абуна: «КъотIи тIубазаби иманалдаса ккола ва гьелъ чилъи бихьизабула», - ян. ЗагIипаб иман бугев чияс къотIи хвезабула. 

ГIемер къотIи хвезабулев чиясдехун гIадамазул божилъи букIунаро. Гьеб мехалъ халкъалда гьоркьоб рахIатхвейги бижула. Щайгурелъул, божилъи хвезабиялъ гIадамазул разилъунгутIи бачIуна. Хун-вахъунги тIубазабизе ккеларищ кьураб рагIи ва къотIи? Гьединал ишаз гурищ бихьинчиясул хасият бихьизабулеб? Цо гIалимчияс абуна: «Лъабго чи лъаларо лъабго бакIалда гурони: бихьинчи лъаларо дандчIвараб мехалда гурони, аманат тIубалев чи лъаларо босулеб ва кьолеб мехалъ гурони, вацал лъаларо захIматаб къо тIаде щведал гурони. Гьелги гьаб заманалда цIакъ дагь гурони гьечIо», - ян.

Муъминчиясе къотIи-къаял цIуниялъул мисаллъун вукIине ккола МухIамад авараг ﷺ. Авараглъиялъи кьезегIанго гьесие цIар щвана «Амин» абураб, ай жинда божизе бегьулев чи. Щайгурелъул Аварагас ﷺ, кигIан кIудияв тушман вугониги, жинцаго гьабураб къотIи хвезабулеб букIинчIо. Гьижра гьабулеб мехалъ Аварагас ﷺ ГIали-асхIаб жиндирго бакIалда вегизе тола. Жив чIвазе вукIин лъаниги, ГIали-асхIаб Аварагасул ﷺ бакIалде вегизе ана. Щайгурелъул, ГIали-асхIабасул Аварагасде ﷺ кутакаб рокьи букIиналъ. Аварагас ﷺ гьесда абун букIана жиндихъ цIунизе тарал жал нахъруссинареян. Балагье, Аварагас ﷺ кьураб къотIи ва аманат кин тIубалеб букIарабали.

Аварагас ﷺ кидаго цIакъ ракIбацIцIадго къотIи-къаял цIунана. Гьелъие лъикIаб мисал бихьизабуна жиндирго асхIабазабазе. Аварагас ﷺ гьел ахIулаан жидерго рагIуе ритIухъаллъун рукIине. Гьелдалъун гьес бихьизабуна къотIи-къаял цIуниялъул хасаб кIвар.  ГIакъилзабаз абула гьересиялда хIинкъулев чияс къотIаби дагь гьарулин. Жеги абуна, гьереси бициналдаса хвасарлъуларин кIиго жо гьабулев чи: къотIи-къай гIемер гьабулев ва гIемер гIузру бачунев. 

МухIаммад Абул-Гьуда Сияд РифагIияс абуна: «Аллагьасул ﷻ къотIи тIубай ккола Гьес чIезарурал гIорхъаби цIуни ва динги гьелъул ишалги кIодо гьари. Аварагасда ﷺ хурхараб щибаб жо кIодо гьабе, Гьесул ﷺ суннат кквей, Гьесул ﷺ тIабигIатал росизе хIаракат бахъе, жиндирго напс, боцIи, мацI, шаригIаталъул ахIкамал рилълъанхъизаризе кумек-квербакъи гьабе. Салафу-салихIуназе цIакъ бокьулароан къотIи ва рагIи хвезабизе. ГIенекке Аксам ибну Сайфияс абураб рагIухъ: «Къечон хвезе бокьила дие кьураб рагIи хвезабизегIан», - ян.

Абу Гьурайратидаса бицана Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Дуда божилъи гьабурав чиясухъе тIадбуссинабе, дуе хиянат гьабурав чиясе хиянатлъи гьабуге» (АхIмад Тирмизи).

Нагалъгьун гIадамаз къотIи-къаял тIуразаричIони, гьезул цоцаде божилъи лъугIула ва гьелъ тIолабго жамгIияталъе заралияб асар гьабизе бегьула.

Гьеб ккола Къиямасеб къо гIагарлъиялъул гIаламатазул цояб.

Абу Гьурайратидасан бицана Аварагас ﷺ бицанин: «Аманат хвезабураб мехалъ Къиямасеб къоялъухъ балагьун чIа», - абун (АхIмад).

Гьелъул магIна ккола къотIи-къай хвезаби халкъалда гъорлъ гIемерлъараб мехалъ Къиямасеб къо гIагарлъулин абураб. Бизнесалда, бича-хисиялда ва цогидал ишазулъ жакъа бихьулеб буго гьелъул бугеб ахIвал-хIал. ХIатта цо-цояз гьабураб къотIи тIубазабунгутIицин бахIарчилъилъун рикIкIуна. 

Аллагьас ﷻ цIунаги

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...