Аслияб гьумералде

ГIолохъанлъи тIадбусунаро...

ГIолохъанлъи тIадбусунаро...

ГIолохъанлъи тIадбусунаро...

ГIолохъанлъи буго нилъеца шукру гьабун рагIалде щолареб нигIмат. Умумузул аби буго: «ГIолохъанго гьабураб гIамал, ихдал бекьараб хургIадаб жо буго», - ян абураб. ГIолохъанаб заман буго кинабго тIубазабизе рес бугеб гIуж. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Мун гьаб дунялалда апараг гIадин (нухлулав) яги нух къотIун унев чиясда релълъун вукIа», - ян.

ХIисаб гьабе нилъерго, сапаралъ унелъул нилъ кин рукIунел? Нилъерго сапаралъул мурадалде щвеялъул гуреб ургъел гьабуларо, цадахъ босулебги сапаралъе хIажатаб гурого букIунаро. ХIажат гурел жалазде руссунаро, мурадалде щвезе къваригIарал сабабал гурого хIалтIизаруларо. Нилъ риччан руго Аллагьас дунялалде ахираталъул рокъоре инелъун, Жинца бихьизабураб исламияб нухдасан. Къокъабго заманги кьун, Аллагь разияб гIамалалда хьвадейиланги абун.

Аллагь разилъаяв ибну ГIумарица абун буго: «Дида Гьес ﷺ абуна къаси сордо щведал нужеца нужеего рогьалил бицунге», - ян.

Рес бугеб гIамал дуца къасиго гьабе, радалиде щвезегIан нахъбахъуге. Щайгурелъул, мун гьабсагIаталда вуго инсан, хадуб жаназалъун вукIине рес буго. Дуца жакъа нахъбахъараб, ай метералде тIамун тараб гIамал гьабичIого хутIизе рес буго. Гьединго ибну ГIумарица абун буго: «Рогьалида дуца дурго напсалда къасисеб гIужалъул бицунге», - абун. Дуца дурго сахлъиялдаса пайда босе, тIаде унти бачIиндал пашманлъизе ккечIого вукIине. Дуца дурго чIаголъиялдаса пайда босе, хвараб мехалъ къварилъахъдичIого вукIине.

ГIолохъанчияс толеб буго херлъидал гьабизе. Гьес жиндирго инсухъ, кIудияв инсухъ балагьун хIисаб гьабулеб гьечIо дозие бугеб захIмалъиялъулги, жиндие бугеб бигьалъиялъулги. ГIолохъанго гьабураб гIибадаталъул къиматги кIудияб, кириги цIикIкIараб букIуна. Щайгурелъул, гьеб буго къуватги, сахлъиги, шагьватги, регIелги, ресалги ругеб заман, шайтIаналъ батIи-батIиял мунагьалги берцин рихьизарулеб.

Гьединаб мехалъ жиндирго напсалда гьес балеб буго чангит, цинги Аллагьасул нух кколеб буго. Гьедин гьабуралъул хиралъиги цIикIкIараб букIинарищ? Унтун, магIишат гьабизе кIолареб, шагьватазде гьетIи гьечIеб мехалда гьабуралдасаги гьеб хирияб букIуна. Гьелъие гIолойин абулеб бугеб нилъеда нухлулал гIадин рукIаян, ай мурадалде щвеялъе хIаракат бахъулел.

КIиго вас дагIбадулелъул цояс цоясда абула хьул халатасул василан абун. Гьесда гьеб рагIи рекIелъ къан, рокъоб инсуда бицуна. Гьесул эмен, васги вачун, досухъе вачIуна, щай гьедин абурабин цIехезе. Дос абула, дуца цо къоялъ абун букIанин, метерлъизегIан чIаго хутIилищали лъаларин, цо хIухьелги босун цоги хIухьел босизегIан чIаго хутIилищали лъаларел чагIи нилъ ругелъулин абун. ХIисаб гьабе, гьитIинав васасул рагIул магIнаялъул.

Нилъеца гIузраби рачуна лъикIаб цо иш гьабичIого тезе. Сабабал ралагьуларо гIамал гьабизе. Амма, кигIан нилъ гIолохъанго ругониги, кIудиял гIезегIан тараб жо, долдаго релълъараб, захIматаб букIуна. ГIолохъанго гьабураб борчIун ккола.

Къиса

Махщелчи вукIуна станокалда хIалтIулев. Заманалдасан гьес хIалтIи рехун тун буго. Чанго соналъ хIалтIичIев гьесухъеги вачIун, гьалмагъас гьев нахъеги хIалтIизе ахIула. Бокьун гьечIин, кIочанин, бажаруларин абун гIиллаби рачуна гьес. Кинниги течIого вачуна хIалтIизе. Станокалда аскIове щведал гьесул кверал жалго ун руго ругьунаб иш гьабизе. Гьес, вохиялъ ахIун буго, кверазда ракIалда букIун бугоян. Досул кверал ругьунлъун рукIунха. Гьединаб букIуна жиндир заманалда гьабураб гIибадатги.

Жинда Аллагь разилъаяв Абугьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Нилъеда бицунеб рагIула Къиямасеб къоялъул захIмалъиялъул. Гьединаб захIмалъиялда ругеб къоялъул бицунаго, Аварагас ﷺ абуна: «Анкьго тайпа буго Аллагьасул ГIаршалъул рагIдукь ругел, гьеб гуреб батIияб рагIад гьечIеб къоялъ. Гьелги ккола - гIадилав цевехъан; гIолохъанчи, ай Аллагьасе лагълъи гьабулаго кIудияв гIурав; гIадамал гьечIеб, живго хутIараб бакIалда Аллагь рехсон, Гьесдаса хIинкъун магIу тIурав; ракI мажгиталда хурхарав; Аллагьасе гIоло цоцазе рокьарал диналъул вацал; зинаялде гьетIизавизе жиндихъе берцинай гIадан ячIиндал, дун Аллагьасукьа хIинкъулин абун, гьелдаса лъутарав; кваранаб квералъ кьураб садакъа квегIалда бихьуларев». ХIадисалда буго: «Нужеца щуго жоялдаса пайда босе, щуго жоялъ гьел хисилалде:

  1. Херлъилалде, гIолохъанлъиялдаса.
  2. Сахлъиялдаса, унти тIаде бачIиналде.
  3. Бечелъиялдаса, ресукълъи тIаде щвелалде.
  4. РегIараб заманалдаса, регIулареб мех тIаде щвелалде.
  5. ЧIаголъиялдаса, хвел тIаде щвелалде».

Нилъеда жеги рагIичIо рухI бахъаралдаса хадуб чIаголъарав чи. Хвалил кьогIлъи Аллагьас лагъасда кIиго нухалъ хIехьезабуларо. Амма жакъа, рес букIаго, дунялалда гьабичIеб гIамал ахираталда пашманлъиялъе батизе буго. ЦIакъ хIелун Аллагьасда гьаризе буго: «Цо лахIзаталъ АЛЛАГЬ абун абизе ракьалде риччай», - ян. Гьединцин пайдаяб, къимат кIудияб нигIмат буго нилъер гIумруялъул щибаб лахIзат. Тохго рукIунге, хириял вацалгун яцал.

Чанги руго нилъеда сверухъ гIолилал, гIадада рега-рахъун ругел. Гьелда тIадеги, рогьинегIан свердулел, къалъизегIан кьижулел. Нилъеда Аллагьас Къуръаналда абулеб гьечIищ, сордо бугин хIухьбахъиялъе, къо бугин хIалтIимагIишаталъе. Гьеб гIаксалда хIалтIизабулел чагIи руго нилъер. ХIакъикъаталда къаси гIечIеб макьуялъ чиясул сахлъи жагъал гьабула. ТIубараб къоялъ кьижаниги сардил макьуялъул пайда досие щоларо. Жинда Аллагьасул свалат-салам лъеяв Аварагас абун буго лъикIаб жоялъе чи къаси къватIиве вахъунарин. Гьабуге, гIолилал, нужерго гIолохъанлъи гIадада хвезе.

МУХIАММАД НУРМУХIАММАДОВ, ГIАХЬАЛЧIИ РОСДАЛ ИМАМ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...