Аслияб гьумералде

Хайир щолеб даран

Хайир щолеб даран

 

Аллагьас ﷻ инсан тIадегIан гьавуна цогидал махлукъатаздаса ва хасги гьавуна кIалъазе рес кьеялдалъун. Гьебин абуни, кIудияб нигIматги буго. Гьелдаго цадахъ, абула мацI жужахIалде гIадамал рачунеб алат бугиланги. ЛъикIалъе мацI хIалтIизабурас дунялалда талихI ва алжаналда тIадегIанаб бакI босула. Амма гьеб хIалтIизабуни кколареб бакIалда, гьалаглъиялдеги ккола. Нилъеца пикру гьабизе ккола щибаб рагIул. Щайин абуни, къиямасеб къоялъ жаваб кьезе ккезе бугелъулха.

 

МацI хIалтIизабизе ккола Аллагь рехсеялъул мурадалда. Аллагь ﷻ рехсеялъул бугеб пайдаялъул бицун рачIарал гIемерал хIадисалги руго. Тирмизиясдаса бицараб хIадисалда буго: «Бищун лъикIаб, БетIергьанасда аскIоб бацIцIадаб, тIадегIанаб, ай сундасаго хирияб буго Аллагь рехсей», - ян.

Гьединго Аварагас ﷺ абуна: «Аллагь рехсолесулги рехсоларесулги мисал буго чIагоясдаги хварасдаги релълъараб», - ян.

ХIадисул къудсиялда буго: «Дир лагъас Дун ракIалдещвезавидал, гьесда аскIов Дун вукIуна, гьес Дун рехседал - гьесда цадахъ вукIуна, Дица гьевги рехсола. Рокьоялъул манзилалъ Диде гIагарлъани, Дун гьесде гIагарлъула зирагIалъ», - ян (имам Бухари).

Нилъеца гьарулел гIамалазулги кири цIикIкIуна Къуръан цIалиялдалъун цIикIкIунебго гIадин. Гьебги бан буго кIиго жоялда.

  1. РекIелъ бугеб иманалда ва ихласалда, Аллагь ﷻ вокьиялда.
  2. РекIелъ бугеб пикруялда ва гьелда машгъуллъиялда. ГIицIго мацIалда бараб букIунаро кири. Дуца зикру камил гьабуни, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ мунагьал чурула ва камилаб ажруги кьола. ХIузуралда ракI букIин кIвар бугеблъун ккола.

Нилъер ракIалъе зикру, ччугIие лъимгIадинаб жо буго. ХIисаб гьабе, щиб  хIалалда букIине бугеб ччугIа, лъим гьечIеб бакIалде ккани? Лъим щвечIони гьеб холагури. Гьединго нилъги хола ва ракIги чIунтула зикруялдаса махIрумлъун чIани. Зикруялда тIадчIани, ургъелал ва пашманлъаби дагьлъула, рохел бачIинабула. РекIелъ бугеб мукъсанлъиги къасаватлъиги инабула зикруялъ. Зикруялда машгъуллъиялъ инсан нахъчIвала гъибат, бугьтан гьабиялдаса ва гьереси бициналдаса. ГIибадатазул бищун бигьаяблъунги тIадегIанаблъунги ккола зикруялда даимлъи. Гьелъ гьурмаде нур бачIинабула, захIмалъи бигьа гьабула, ризкъи тIаде цIала, черх къуватаблъун гьабула. ШайтIанги тIуризабула, гьеб  гIодобегIанлъизабула ва пашманлъизабула.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...