Аслияб гьумералде

Къабуллъиялда щаклъи гьечIеб

Къабуллъиялда щаклъи гьечIеб

Мунагьазулъ тIерхьарал нилъгIадал гIадамазе кидаго чара гьечIого хIажатаб буго тавбу гьабулеллъун рукIине. Къуръаналда Аллагьас абулеб буго: «Ва гьал муъминзаби, нужеца киназго Аллагьасде тавбу гьабе!», - ян. Сура «Ан-Нур», аят 31

 

Гьединаб амру нилъеде букIиналдаса бичIчIула мунагь кколарев чи гьаб ракьалда тIад жалго аварагзаби хутIун цогидал гьечIеллъи. Мунагьал нилъер кколел рукIинчIелани гьединаб амру гьабизе букIинчIо. ХIатта живго аварагас ﷺ абуна: «Дир ракIалде щиб бугониги жо рехидал дица сордо-къоялда жаниб 70 нухалъ тавбу гьабула», - ян.

Унго-унгояб куцалъ ракI бухIун гьабураб тавбу Аллагьас къабул гьабиялдаги щаклъи букIине бегьуларо. Щайгурелъул хIадисалда буго: «Кинабниги гьабулеб лъимер исламалъул рацIалъиялда гьабула…», - ян. Гьедин вацIадав вукIун хадув жинцаго гьарурал мунагьаз чорок гьавула гьев. ТIаде бачIараб чороклъи нахъе уна шурутIал тIуран гьабураб тавбуялъ. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абулеб буго: «Аллагь вуго жиндир лагъзадерил тавбу къабул гьабулев», - абун. (Сура «аш-Шура», аят 25).Хирияб хIадисалдаги буго: «Къечалъ хвезеян вегарав чиясда лъим батидал гьев вохулелдасаги цIикIкIун вохула Аллагь жиндир лагъас тавбу гьабидал», - ян.

Цоги хIадисалда буго: «Аллагьас ﷻ зобал-ракьал рижараб къоялъ магърибалъул рахъалдехун рагьана тавбуялъул гъапу жиндир халалъиялъул манзил кIикъого яги лъабкъого соналъ лъелго унеб нухалъул бугеб. Гьеб нуцIаги магърибалдаса бакъ баккичIого къаларо», - ян.

Мунагь ккани тавбу гьабизе кколеблъи балъгояб жо гьечIо лъиего. Гьеб мунагь гьабураблъи лъай ва гьелъие мукIурлъи буго къанагIатаб иш. Мунагьинго кколеб гьечIо гьарулел хатIаби. Гьелъие бугеб аслияб гIиллаги ккола мунагьал гьарулеб агьлугун лъикIаб гьоркьоблъиялда вукIин. Гьединал хурхеназ гьабулеб мунагь цин гIадатияб ишлъун, хадуб гьабизе гьукъичIеб пишалъун бихьизабула. Гьеб буго кутакалда хIинкъи бугеб заманги.

Гьединлъидал диналъул агьлу, гьудулъи гьабизе, гьоркьоб гьуинлъи цIунизе ва жура-гъуран рукIине кколел Аллагьасукьа хIинкъарал, квешаб гIамал мунагь букIинги лъалел гIадамалгун. Гьелдасаги захIматаб буго мунагь гьабулевги вукIаго лъикIаб гIамал гьабулевин ракIалдеги ккун гьелда даимлъи. Гьебги жагьлуялдалъун букIине рес буго. Масала тIубараб гIумру лъикIлъи гьабулевин рияъ-сумгIаталъе гIамалги гьабун, гIибадат гьабизе манлъулел, гьелъие агьлулъун ругезухъеги инчIого живго жиндаго чIун вукIиналъ хIасил гIаксияб кьезе рес букIуна. Гьединлъидал диналъул вацал, гIибадат гьабизе малъулел гIадамазухъеги ун, гьезул тарбиялда, балагьиялда гьоркь хIалтIани хайир, цIикIкIун щола щибго щаклъи гьечIого.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...