Аслияб гьумералде

Цеве эхетизе изну бугищ...

Цеве эхетизе изну бугищ...

Цеве эхетизе изну бугищ...

Аллагьасул ﷻ нухда вагъулаго хварав шагьидасул жаназа чуричIого, тIад бугеб ретIел-къолденгун вукъула. Кинниги УхIудалъул гъазаваталда чIварав Аварагасул ﷺ имгIал ХIамзатил жаназа чурана. Гьеб чурана Алжаналъур ругел гIоразул лъедасаги хирияблъун бугеб Аварагасул ﷺ магIабаздалъун. Хирияв Авараг ﷺ ХIамзатил жаназаялда аскIов гIодовги чIун, гьитIинаб лъимер гIадин гIодулев вукIана. Гьев чIвана ВахIшица.

 

Гьеб заманалда ВахIши вукIана лагълъун. Гьесул бетIергьанас ХIамзат чIвай шартI гьабун букIана гьев тархъиялъе. УхIудалъул гъазаваталда ВахIшил цо гурони мурад букIинчIо. Гьебги ХIамзат-асхIаб чIвай. ХIамзат-асхIаб вагъулелъувцин ватIавахъулаан. Гьесул чалмаялда нахъа варанихIанчIил хIули къазабун букIунаан кидаго. Гьебги букIана доб заманалда бахIарчилъиялъул гIаламат. ВахIшие гьев чIвай живго тархъиялъе сабаб букIана. СанагIат бугеб гIуж щведал ВахIшица рикIкIадасан хеч речIчIун ХIамза чIвана. Гьеб букIана Аварагасе ﷺ, «пашманлъиялъул сон» абун цIар лъураб, захIматаб сонлъун.

 

 

 

Аварагасул r гьими бихьизелъун рикIкIадасан хъаравуллъи ккун вукIунаан ВахIши

 

 

 

Гьоркьоб заман индал ВахIшица ислам босана. Цо къоялъ ВахIшидехун хитIаб гьабун Аварагас ﷺ абуна: «ХIалкIвани дир берзукье вачIунге», - ян. Гьедин абиялъе гIиллаги, ВахIши вихьанщинахъе хирияв имгIал ракIалде щун пашманлъи букIана.

ВахIшие гьеб кутакалда захIмалъана. Рес ккарабщинахъе Аварагасул ﷺ гьими бихьизелъун рикIкIадасан хъаравуллъи ккун вукIунаан гьев. Щибаб лахIзат рикIкIун Аварагас ﷺ берзукье вачIине изну кьеялда хьулгун вукIунаан. Амма изну кьечIо.

Цо къоялъ ВахIшихъе Авараг ﷺ накълулъанин абун хабар щвана. ВахIшие дунял бецIлъана. Гьесда бичIчIулеб букIана гьес Аварагасул ﷺ ракIбакъвазабураб куц.

ХутIарал жиндирго къоял ВахIшица гьабураб мунагь бацIцIинелъул тIамуна. Гьайгьай, нилъеда лъала цере гьарурал мунагьаздаса, ислам босиялдалъун, Аллагь ﷻ тIаса лъугьуневлъи. Къиямасеб къоялъ цIех-рехги ВахIшие гьелъул букIунароан. Амма Аварагасул ﷺ ракI пашман гьабураб пиша гьабун букIиналъ ВахIшие хIалхьи букIинчIо. ГьитIинаб тIурччидул боркьараб кесек рекIелъ бугебгIанги гьеб лъугьа-бахъиналъ ВахIшие рахIат толеб букIинчIо.

Гьале тIаде щвана гьеб мунагь бацIцIунеб къо. Мусайламатул Каззаб абурав гьереси-авараг загьирлъидал, Абубакр-асхIабас, Халид-асхIаб бетIерлъудаги тун, бо бакIарана. Гьеб хабар рагIидал ВахIшица жиндирго напсалде хитIаб гьабун абуна: «Валлагьи, гьеб буго Аллагьас дуе кьураб рес», - ян. КьагIу чIвараб хечги босун ВахIши бодулъе жувана. Анкьго соналъ цебе ХIамзат чIвараб хеч букIана гьеб.

ЦIакъ захIматаб рагъ букIана. Цо параялъ Мусайлама лъутизе жувана. «Гьале дов Аллагьасул тушман», - илан гьаракь рагIарав ВахIшида гьев Мусайлама аскIосан унев вихьана. СанагIалъи ккарабго ВахIшица хечги речIчIун Мусайлама гIодов лъуна. Аллагьасе ﷻ щукру гьабун ВахIши суждаялде вортана. Гьесул берал магIил цIун рукIана. Аллагьасда ﷻ гурони лъаларо суждаялда вукIун гьес гьарулеб букIараб. Рес буго Аварагасде ﷺ хитIаб гьабун гьев гьадин кIалъан ватизеги: «Я Бичасул Расул ﷺ, гьанже дуда цеве эхетизе изну бугебищ дие», - ян. Авараг ﷺ накълулъун вукIаниги, рес буго гьесул равхIани гьениб букIун, гьес ﷺ ВахIшие жаваб гьабизе: «Гьанже мун вачIине бегьила», - ян.

Гьеб буго Аварагасул ﷺ гIумруялдаса цо лъугьа-бахъин ва амма гIемерал дарсал росизе бакI нилъее бугеб. Халгьабе, кигIан захIмат бугониги хирияв Авараг ﷺ ВахIшидаса тIаса лъугьана. Гьанже нилъехъгоги балагье. Цо рекъечIеб рагIи абидалцин, гIумруялъ цоцада кIалъаларо. ТIаса лъугьине кIолареллъун нилъ ратани, гьелъул магIна кколаха Аварагасдаса ﷺ ва гьесул асхIабзабаздаса кутакалда рикIкIалъун ругин абураб. Гьеб бичIчIизе ккола.

 

 

Муслим ГъазимухIаммадов,

Муфтияталъул рухIияб лъай кьеялъул отделалъул северияб округалда вугев нухмалъулев

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...