Аслияб гьумералде

ГIелму гуро хIажатаб, гIамал гьаби буго

ГIелму гуро хIажатаб, гIамал гьаби буго

Дунялалъул рокъоб нилъеца гьабизе рес бугел пишабазул бищун хирияб буго гIелму цIали. ГIелму цIаларал жамгIияталда гIемерлъанагIан гIумру гьабизе бигьалъула. Щайгурелъул гIелмуялъ инсан къачIала ва куцала.

Жагьилав чияс лъикIлъи гьабулебинги абун, квешлъицин гьабизе рес букIуна. Жагьлу цIикIкIараб жамгIияталда квешал гIадатал гIемер ратула.

Аварагас жагьлуялъул бецIлъиялдаса гIелмуялъул нуралде рачинегIан гIарабалги рукIана бецIал гIадатазул гудракь. Гьеб сабаблъун персаздагун румазда гIодорегIаналлъун рихьулелги рукIана гьел. ГIелму цIикIкIанагIан гIадамал лъикIлъана ва жамгIият щулалъана. Гьелъул хIасилалда гIараб ракьалда загьирлъана цIияб, къуватаб пачалихъ. Гьез гIадлу тIибитIизабуна мадугьалихъ ругел ракьазда ва гIемерал гIадамаз исламги къабул гьабуна.

Анасидасан бицараб хIадисалда буго: «ГIелму тIалаб гьабизе щивав бусурбанав чиясда тIадаб буго», - ян.

Кинабниги жоялъ гIелму цIалулев чиясе мунагь чури гьарулебги букIуна. ХIатта ралъдалъ бугеб хIутIалъцин. ХIайваналдацин лъала цIаларав чи Аллагьасукьа хIинкъулевлъи ва гьединав чиясул заралалдаса жибго божараб букIунеблъи. Гьеле гьединаб къиматаб, тIадегIанаб иш буго гIелму цIали.

Гьединлъидал мадрасабазда цIалулел мутагIилзабазе цо-цо насихIаталги гьарилин. ТIоцебесеб иргаялда, Аллагьасе рецц гьабе гьедигIан тIадегIанаб ишалде нуж тIоритIаралъухъ. ГIелмуялъул нуцIа нужеда цебе рагьаралъухъ. Аллагьас нуж гьелдалъун тIаса рищун руго. Щукру гьабунагIан тIаде цIикIкIинабилинги абун бугелъул БетIергьанас.

КIиабилеб иргаялда, мадрасалда ругебгIан мехалъ, мадрасалдаса къватIиб бугеб жо хисизабизе лъугьунге! Мадрасалда ругеб мехалъ бищунго лъикI нужехъа бажарулеб иш буго нужерго цIали гьаби. Гьелда тIадчIей гьабе. ЦIали буго нахъа батулеб жо.

ЦIаларабги цIаличIебги дарсица хIасил кьечIого толаро. Гьеб кIвар бугеб иш буго. Цогидал ишазде машгъуллъун цадахъ бачунеб жо букIунаро цIали. Бокьараб ишалъ хIасил кьезе ккани, гьелъие кьезе ккола тIолабго заманги, хIалги, пикруги.

Лъабабилеб иргаялда, мугIалимзабазул адаб цIуне. Гьезул къимат гьабе. Гьел руго нуж лъикIал лъугьине бокьун хIалтIулел чагIи. Гьезул берцинабги хъачIабги калам букIуна нужеца лъикIал хIасилал кьезе бокьун. Инсуе вас жиндасаго лъикIав лъугьине бокьула ва мугIалимасе жиндирго мутагIил жиндасаго лъикIав лъугьине бокьула.

Гьезие нужеца гьабизе рес бугеб жоялъул бищун лъикIаб буго – лъикI цIали. Лъараб жоялъул пайда букIунаро нилъеца гьеб хIалтIизабулеб гьечIони. ГIелмуялъ хIасил кьезе ккани, гьелда гIамал гьабизе ккола. Ахираталъул рокъоб нилъеда батизе бугеб жо буго нилъерго гIамал.

Аллагьасда церечIараб къоялъ нилъеда данде нугIлъун чIезецин рес буго лъан хадуб гIамал гьабичIого тараб гIелму. Гьединлъидал, щвараб гIелмуялда гIамал гьабизе гIедегIе! Гьедин гьабуни Аллагьас нилъеда лъаларебги лъазабулин абун бугелъул.

СУЛАЙМАН САЙГИТОВ, ГУНИ РОСДАЛ ИМАМ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...