Аслияб гьумералде

РекIел тIиналдаса...

РекIел тIиналдаса...

Аллагь ﷻ рехсей, Гьесие ﷻ тасбихI-тагьлил гьаби буго кутакалда кIвар цIикIкIараб гIамал. Гьеб, гIицIго мацIалъ рехсей гуребги, буго тIадегIанаб гIибадатлъун, чи живго инсанлъун вукIиналъул магIналъун ва Къиямасеб къоялъ цIадирабаздаги бищун бакIаблъун букIине бугеб гIамал.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун буго (магIна): «Ле, иман лъурал гIадамал, нужеца Аллагь гIемер рехсеялъ рехсе», - абун (суратул «АхIзаб» 41 аят). Гьаб хитIаб гIицIго гьабизе лъикIаблъун бихьизаби гуро бугеб, гьаб буго Аллагьас ﷻ муъминзабазде гьабулеб амру. Гьебги рехсе абун тун гуреб, «…гIемер рехсеялъ рехсе» абун буго. ГIемер рехсеялъул магIнаялъеги тасаввуфалъул гIалимзабаз баян гьабун абулеб буго, гьеб бугин жиндир мацIги, ракIги, рухIги Аллагь ﷻ рехсон цадахъ хIалтIулеб хIалалде щвей.

Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Дурго БетIергьанасул цIар (гIемер) рехсе, дурго напсги Гьесухъе кье тIубараб кьеялъ», - абун (суратул «Музаммил», аят 8).

Муъминзабазе бищунго лъикIаб мисаллъун кколев МухIаммад аварагас ﷺ Аллагьасе ﷻ рецц гьаби, Гьев ﷻ рехсей жиндирго гIумруялъул аслияб бутIалъун гьабун букIана. Гьес ﷺ абун буго: «Бищун лъикIаб Аллагь рехсей зикру ккола - «Ла илагьа илла Ллагь» абурал рагIаби, бищун лъикIаб рецц гьаби - «АлхIамду лиЛлагь» абурал рагIабаздалъун рецц гьаби буго», - ян (Тирмизи).

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «СубхIанаЛлагь, алхIамдулиЛлагь, ла илагьа илла Ллагь, Аллагьу акбар» абурал рагIаби дие хириял руго жинде бакъ щолебщинаб жоялдасаги», - абун (Муслим).

Тасаввуф-агьлуялда аскIобги Аллагь ﷻ рехсей буго бищун аслияблъун. Гьез БетIергьан ﷻ рехсеялде кIвар гьабула тIадехун рехсараб кинниги, тIубанго жидер хIал Аллагьасул ﷻ кверщаликье щолеб къагIидаялде щвезегIан. Жиндаса Аллагь ﷻ разилъаяв шайих ГIабдул-Къадир Жиланияс хъван буго: «Аллагь ﷻ рехсей ккола, жинде мугъчIвай гьаби бугеб кIудияб гIибадат. Гьелда гъорлъ руго, хIажат гьечIел чорхолъ рессарал гIамалал къватIире рахъинари, ракI гIакълу гьечIолъиялъул чороклъиялдаса бацIцIад гьаби. МацIалъ Аллагь ﷻ рехсолев, амма рекIелъ Гьев ﷻ кIочон тарав чи ккола кодоб сапун ккурав, амма гьелдалъун чури гьабуларев чорокав чи. ХIакъикъияб Аллагь ﷻ рехсей ккола ракIалъ гьаби, цинги мацIалдалъун гьеб тасдикъги гьаби», - абун.

Имам Гъазалияс жиндирго тIехьалда кIудияб бакI кьун буго Аллагь ﷻ рехсеялъе. Гьес баян гьабун буго зикруялъул мурад дунялалъул нигIматал щвей гурин, Аллагьасда ﷻ цебе хIузур щвей бугин абун. Гъазалияс хъван буго: «Дуда лъай, ракI буго матIуялда релълъараб жо, шагьваталги гъаплаталги абуни руго кьагIуялда релълъарал. Аллагьасе ﷻ рецц гьаби ва Гьев ﷻ рехсей буго гьеб матIу цIвакинаби. РакIалъул матIу бацIцIалъидал гьелъулъ загьирлъула Аллагь ﷻ цо вукIиналъул хIакъикъиял пикраби. Ва инсанас рекIел хIузуралдалъун Аллагь ﷻ рехсей гьабулебгIан мехалда гьеб матIуялда нурги балеб букIуна», - ян.

ГIалимзабаз чанго даражаялде бикьун буго Аллагь рехсеялъул гIамал:

  1. МацIалъ гьаби. Гьебги ккола байбихьул тайпа, ракI гъапулго батаниги мацIалъ гьезул сигъаби гIемер такрар гьарун. Гьебги хIажат буго рухI-напс ругьунлъизабизе.
  2. РакIалъ гьаби. Инсанасда, кIалъай аби гуребги, щибаб рехсолеб рагIул магIна ракIалдалъунги бичIчIулеб букIиналъул даража. Гьеб даражаялда чиясул ракI БетIергьанасе ﷻ шукру гьабулеблъун батиялда цадахъго, Гьесдаса ﷻ хIинкъиялъул асарги букIиналъул цIей.
  3. Аслияб, хIакъикъияб. Гьеб буго бищунго тIадегIанаб даража. ТасбихI, тагьлил, тIахIмид гьабулев чи, жиндилъа «Дун» абураб жоги тIубанго тIагIун, Аллагьасул ﷻ кIодолъиялъул бичIчIиялъулъ жаниве лъугьун вукIин. Гьеб хIалалда чи вугеб мехалъ гьениб хутIулеб жо буго гIицIго Жив рехсолев (чи тIуванго Аллагьасулъ ﷻ паналъи).

ТIарикъаталъул шайих ибну ГIатIаиллагьица хъван буго: «Аллагь ﷻ ракIалда вукIунеб гьечIин абун зикру гьаби тоге. Щайин абуни, зикру рехсолелъулъ Аллагь ﷻ ракIалда вукIунгутIиялдасаги квешаб буго зикруги гьабуларого вугеб хIалалъулъ бугеб гъапуллъи. Щиб лъалеб, Аллагьас ﷻ мун хIузурго гьечIого бачараб зикруялдалъун хIузур бугеб даражаялде щвезавила, хадубккун гьелдасаги тIадегIанаб даражаялде вахинавун, Жиндилъго налъараб макъамалдеги щвезавила», - абун.

Шайих Жалалудин ар-Румица абун буго Аллагь ﷻ рехсей, рецц-хIамд бачIине кколин бекараб хIалалъулъ рекIел гъварилъудаса, щайин абуни, гьединаб хIалалда бичIчIулила инсанасда жиндирго загIиплъи ва Аллагьасде ﷻ бугеб тIубараб хIажалъи. Гьес хъван буго: «МацIалъ азарго рецц гьаби буго цо жо, амма рекIел гъварилъудаса цо рецц гьаби буго гьеб азарго. Гьабулелъулъ, рекIелъ гьеб бакI балагье, гьеб бакI гъапуллъиялдаса борчIичIебгIан мехалъ дур мацI буго гIицIго гьаракь такрар гьабулеб дандерижи», - ян.

ТIадегIанав БетIергьан рехсейгун Гьесие рецц гьаби буго:

- Дунялалъул чороклъиялдаса напс бацIцIад гьаби.

- Гьевгун ﷻ гIагарлъизе рес бугеб кIул.

- РухIияб камиллъиялъул нухде, Аллагь ﷻ вихьулев гIадин гIибадат гьабизе лъолеб бищунго кIудияб гали.

- Квешал гIамалаздаса рахъун ккей.

- Цебехун гьабун араб гIумруялдаса пашманлъун тавбу гьаби.

«Гьезие жазаълъунги букIине буго Аллагьасул рахъалдаса мунагьал чури ва Алжан, жинда гъоркьан гIорал чвахулел…», - (сура «Алу-ГIимран», 136 аят).

«ХIикматаб хIал буго муъминчиясул гIамалалъул. Гьесул киналго гIамалал – нигIмат буго ва гьебги мунъминчиясе гурони кьун гьечIеб. Гьесде кинаб бугониги рохел тIаде щвани, рецц гьабула (Аллагьасе), цинги гьеб нигIматлъун (лъикIаб жазаъ гьабулеб гIибадатлъун) лъугьуна. Гьесде тIаде щвани кинаб бугониги (ракI бакъвазабулеб) балагь, сабру гьабула ва гьебги лъугьуна цIоблъун», - абун (Муслим).

БетIергьанас ﷻ нилъ гьареги Жив ﷻ кIочонарел хIакъикъиял лагъзаллъун! Амин!

 

 

АхIмад Къурбанов

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


Къецалъул хIасилал гьаруна

«Религия сегодня: Важные темы» абураб тIехьалда тIасан Казбек районалда, 7-11-абилел классазул лъималазда гьоркьоб, лъазабун букIана къец. Гьелъул хIасилал гьарураб тадбир тIобитIана Ленинаул росдал школалда. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул имамзабазул советалъул председатель...


РекIел тIиналдаса...

Аллагь ﷻ рехсей, Гьесие ﷻ тасбихI-тагьлил гьаби буго кутакалда кIвар цIикIкIараб гIамал. Гьеб, гIицIго мацIалъ рехсей гуребги, буго тIадегIанаб гIибадатлъун, чи живго инсанлъун вукIиналъул магIналъун ва Къиямасеб къоялъ цIадирабаздаги бищун бакIаблъун букIине бугеб гIамал.   ТIадегIанав...


Ихдалил хIурмат

Гьале тIаде щвана тIогьолаб ихдалил заман. ГIемерисеб халкъалъе бищунго бокьулеб мехги ккола гьеб. Иснанасул къаркъалагун сверухъ бугебщинаб тIабигIат цIилъулеб заманги буго гьаб. Гьединго ихдалил заман буго хурзал-ахал рекьулеб, къачIалеб ва кIурулеб мех. Щайгурелъул, гьелда бараб буго инсанасул...


Лъималазе динияб тарбия

Лъималазе тарбия кьеялъулъ эбел-инсул, гӀагарлъиялъул ва цогидалги гӀадамазул асар букӀуна. Гьелъулъ щаклъи гьечӀо. Амма социалиял ва физиологиял гурелги, руго рухӀиял къваригӀелалги. Гьеб ккола лъимералъе кьолеб динияб тарбият. Лъимер Аллагьасукьа хӀинкъулеб, ритӀухъаб лъугьине ккани, кин тарбия...


Къабуллъизе ккани

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъ ахIулел руго Гьесда гьареян ва гьарараб къабул гьабизе бугилан. Амма бусурбанчиясул щибаб ишалъул руго шартIал, суннатал, бегьулел ва хIарамал жал.   ДугIа къабуллъиялъе руго рихьизарурал бакIал ва заман. Гьедин гьабурасул дугIа къабуллъиялде цIикIкIун хьулги...