Динищ, дунялищ?
Нилъеда лъазе ккола дунялги ахиратги гьабизе. Бусурбанчи вукIине бегьула экономистлъунги, инженерлъунги, нартихъанлъунги, тохтурлъунги, политиклъунги, учительлъунги. Жакъайин абуни гIемерисезул мурад батулеб буго жидерго бечелъи цIикIкIинаби.
Амма аварагас ﷺ абуна: «Кинабниги халкъ Аллагьасул хъизам буго, Аллагьасе бищун рокьулелги руго жиндир хъизамалъе пайда цIикIкIарал», - ян. Дун вугони дирго бечелъи цIикIкIиналъе гурого хIалтIуларевлъун, пайда гьабулевлъун кколищ дун? ХIадисалда бугелъулха: «ГIамалал рорцуна нияталда рекъон», - абун. Цин дир, бусурбанчиясул, ният букIине ккеларищ Аллагьасе гIоло гIадамазеги диналъеги пайдаялда хIалтIизе. Цинги гьев Аллагьас магIишат гьечIогоги толаро. Исламалде гIадамал ахIулаго жинда Аллагьасул свалат-салам лъеяв аварагасе щиб мухь букIараб, лъил байтулмалалдаса гьесие харж кьолеб букIараб? Амма Гьев ﷺ вукIана бищун гIадамазе пайда бугевлъун. РухI бахъизе боснов вегарав Гьесул ﷺ букIана цохIо къолден, гьебги налъи бецIизе кьезе битIана. Амма гIалимзабаз ахIана халкъалъулго Хириясул ﷺ ирс кьолеб бугин. Балагьидал батана гIелмудал мажлисал. Гьеб буго бищун лъикIаб ирс. Жакъа, балагье, керенги бухун дун бусурбанчи вугинги ахIдон, жиндирго магIишат цебетIеялъе гурого хIалтIуларев гъарим лъида нахъвилъун вугев? ГIадамазе пайдаялъе гьабизе ккеларищ ният.
ГIелму тIалаб гьабиялъул бицани, светияб пачалихъалда ругинги абун, светиябги диниябги батIа гьабизе бегьуларо. Щайин абуни, нилъеда малъулеб гIелмуялъул аслуялда Ислам букIана пайдаялъе хIалтIулеб, рукIана Аллагьасдаса хIинкъулел лъикIал гIалимзаби. Европаялда гIелмуги гьукъун, гIалимзаби чIвалеб мехалда, Багъдадалда букIана кIудияб гIелмияб марказ (центр). Гьениб букIана гIелмуялъул цебетIей ва цIирагьиял. Гьеб заманалда гьабураб букIана гьанжесел гIелмабазул церетIеязул аслаби: математика, астрономия, химия, физика, механика ва гь.ц. Гьединлъидал, нилъеца гIелмаби ратIа гьаризе бегьуларо, киналго лъазарун, Аллагьасе гIоло гIадамазе пайдаялъе хIалтIизабизе ккола. Нилъеца гьезда гьоркьоб батIалъи гьабуни, гьелъ нилъги цоцадаса ратIа гьарула. Аллагьас нилъеда щиб абулеб бугеб? «Нужеца, киназго цадахъ, кквей Аллагьасул дин, гьелдаса хадур рикь- рикьуге», - ян гурищ? Цониги чи ватIа гьавулев гьечIо, «киналгойин» абулеб буго. Гьелдалъун бичIчIула щивасда тIадаб букIин цолъиялъе хIалтIи гьаби. Аллагьасе гIоло щивас пайда гьабуни гурищ нилъ цолъизе ругел?
Нилъер гIунгутIи буго махщелчагIаздасан, хIаким-забаздасан, хъулухъчагIаздасан гаргади, мацIал гьари. ГIенеккарасда ккела гьасдаса лъикIав чиго ватиларин абун. ГьедигIанги ракI рекъарав, гIадилав чи вукIунаро. Экономистал ратула цIогьаллъун, тохтурзаби ратула ришватчагIилъун, хIакимзаби ратула гьерсихъабилъун, учительзаби ратула лъай гьечIеллъун. ГIенеккидал, нилъгогIан лъикIав чиго ватуларо.
Нужго ургъе, жакъа гIолохъанчи унев вуго экономика, политика, медицина, педагогика лъазабизе. Лъил вас (яс) дов? Нилъер росулъа, шагьаралдаса гурищ гьев кколев, нилъер лъимер гурищ гьеб? Щайха дол гьединаллъун лъугьарал? Щайгурелъул, светиябин, диниябин абун яшав-магIишат батIа гьабиялъ. Досда ккана светияб лъай тIаса бищани, дун гьезда релълъун вукIине кколин абун. Щай? Динги пачалихъалъул цIалиги батIи-батIияб жо бугин малъулеб букIун.
ХъулухъчагIазда нахъасан мацIал гьарилалде, гьел хъулухъалдаса рахъизе кколин абилалде, гьел хисун ритIизе яхI бугел махщелчагIи, лъимал рукIине ккола нилъер. Ругищали балагьеха. Цо жо нахъе босулелъул, гьелъул бакIалда хисун лъезе лъикIаб букIине ккола.
Чангияз школа лъугIидал лъимал ритIула цIализе. Щай бегьулареб лъабго соналъгIаги жиндирго дин лъазабизе исламияб цIали гьабизе витIизе? Гьелдаса хадубги бегьулелъул ВУЗалде ине. Гьедин букIунарелъул, кодобе диплом щварабго гьесда цIа бакула: «ХIалтIизе ккола, гIарац гьабизе ккола», - ян. Вакъун хвелин хIинкъула. РакI унтун гIезарулел, махщелги бичIчIиги бугел лъимал ритIе доре, динги лъалел, хадуб махщалида хIалтIизе кIолел яхI бугел хъулухъчагIи рукIине бокьани.
Аллагьасе рецц, нилъее кIиябго цIали гьабизе ресал руго. ДГИ, ГПК, ДТИ, Сайфула-къади Башларовасул цIаралда бугеб медколледж, мединститут, гьединал ресал кьун руго Аллагьас. Кида рукIарал гьел ресал? Щукру гьабизе заман щун гьечIищ? Гьенир цIаларал гIолилал руго лъикIал хъулухъазда. ВУЗалъе цIар, берцинаб, къачIараб рукъалъ, классаз кьоларо. Къимат бачIинабула гьенир цIалараз.
Диналъул вацал, ратIа гьаруге гIелмаби, киналго руго Аллагьас нилъее кумекалъе кьурал. Муъминзаби рукIине ккола церетIурал. Цо бохида рекъав чи кин нахъа хутIулев, гьедин нилъги рукIуна цоябги лъазабун цояб тани. Аллагьас Къуръаналда реццун абулеб бугелъул нилъ ругин прогрессалъул умматилан, цебетIеялъул гIадамалилан абун. Бусурбанчи вукIине бегьула изобретательлъун, академиклъун, гIелмабазул докторлъун, политиклъун, хIакимчилъун. ЯхI, гIадамазда гурхIел-рахIму бугев чияс бокьараб хIалтIи гьабизе бегьула, гьесие гьелъухъ Аллагьасул рахъалдасан кириги букIуна.
Аварагас ﷺ абун буго: «Аллагь нужер чурхдузухъги сураталъухъги балагьуларо. Аллагь балагьула нужер ракIазухъги ниятазухъги», - ян абун. КIудияб хъулухъалда вукIунин, бечедаб ретIун, рекIунин абун, Аллагьасда аскIоб нилъер тIокIлъулеб жо гьечIо жанисан вацIцIадав гьечIони.
Берцинаб шишаялда жаниб жаги букIуна,
Сурукъаб хъабаялъ гьоцIоги нилъей тIола.
ТIаса берцин бихьун къимат кьунани,
КIалги кьогIлъун хIайран мунги хутIула.
Аллагьас тавфикъ кьеги иман-ияхI бугел специалистал нилъерго лъималазул гIезаризе. Къиямасеб къоялъ нилъер гIелалъе ихтияр гьечIо рес букIинчIилан абизе, гьадигIан гIемерал ресалги рукIун.