Аслияб гьумералде

Авараг ﷺ гьавураб моцI

Авараг ﷺ гьавураб моцI

Авараг ﷺ гьавураб моцI

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!

Хириял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда Аллагьасул ахирисев авараг, Аллагьас бижарабщинаб махлукъаталда гьоркьоса бищунго камилав МухӀаммад ﷺ гьавиялъе гӀаламалъ нугӀлъи гьабураб баракатаб моцӀ тӀаде щвей.

 

Гьаб хирияб РабигIул аввал моцӀалъ нилъеца хӀаракат бахъула Аллагьасул Расул ﷺ гӀемер ракӀалде щвезавизе, гьев веццун, гьесул гӀумруялъул цӀех-рех гьабулел тадбиралгун мавлидал гӀуцӀизе.

Хасго ракI боххула дагъистанияз тӀадеялдаса тӀаде Аллагьасул Расуласде ﷺ бугеб рокьи, гьесул гIумру лъазабиялдалъун ва жамгӀиял тадбиразда гӀахьаллъиялдалъун загьир гьабулеб куц бихьидал. Аварагасул ﷺ гIумру лъаялъ нилъее кумек гьабула гьесул ﷺ кӀодолъи бичӀчӀизе ва гьесдаса ﷺ мисал босун гIумру тIамизе хӀаракат бахъизе.

Аллагьасул Расуласдехун ﷺ бугеб рокьи ккола такъваялъул бищунго тӀадегӀанал загьирлъабазул цояб ва ТӀадегӀанав Аллагьасдехун ﷻ бугеб рокьул кьучӀ. Дица ТӀадегӀанав Аллагьасда ﷻ гьарула нилъер ракIал МухӀаммад аварагасдехун ﷺ рокьиялъ цӀезареян ва гьесул такъва бугел лагъзадеридаса нилъги гьареян.

Къуръаналда буго (магӀна): «Аллагьасул Расуласулъ ﷺ нужее буго лъикӀаб, берцинаб мисал…», - абун (суратул «АхӀзаб» 21 аят).

Хирияв Аварагасул ﷺ мисалалда нахърилъиндал, нилъ ругьунлъула къварилъабазулъ сабру гьабизе ва хадурккун къвакӀизе. Гьесул ﷺ гӀумру лъазабиялъ нилъее кумек гьабула лъикӀлъиялъул ва гурхӀел-рахӀмуялъул нухдасан ине, нилъго питна-балагьаздаса ва зулмуялдаса хвасарлъизе. МухӀаммад аварагасул ﷺ кӀодолъиялъе гӀоло гьарула дунял бижарав Аллагьасда ﷻ нилъер ВатӀан, Россия ва дунялалъул тӀолалго гӀадамал балагьаздаса, тунка-гӀусияздаса цӀунеян.

ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ нилъее киназего къуватги рахӀматги кьеги, ракӀалги Жиндирго Расуласде ﷺ рокьиялъ цӀезареги ва сундулъго гьесул нухдасан ине кумекги гьабеги! Амин.

 

ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...