Аслияб гьумералде

Как холел жал

Как холел жал

Как базе лъарабго гIадин лъазе ккола как биххизабулел жалги. Гьел лъачIони, гIумруялъго тIубачIеб как балев ватизеги бегьула.

Как хвезабулел жал чанго руго: какилъ вукIаго какичури биххулел, черх чури тIад гьабулел жал тIаде рачIани, черхалде, ратIлиде, как балеб бакIалде нажаслъи тIаде бачIани, какилъ вукIаго какилъ бахчизабизе кколеб черхалъул гIаврат загьирлъани, какилъ вугев чиясул керен къиблаялдаса цоги рахъалде буссинабуни как батIуллъула.

Къуръан цIали, зикру, дугIа гуреб батIияб кIиго хIарп загьирлъани яги магIна кьолеб цо хIарп загьирлъани, велъулаго, зигардулаго, хъегIдулаго гьел хIарпал загьирлъани, гьеб мехалъги как хола. ХIарамаб букIин лъачIого, яги кIочон тун, яги кквезе кIвечIого хъегIдизе бачIун дагьаб калам гьабуни (анлъго рагIиялдаса дагьаб), как холаро. Гьединго как биххула какилъ тIатIалаго лъабго кIудияб рагъари гьабуни.

КъватIиса кIалдибе бачIун хадуб хIацIу къулчIани, как хола. КIалдибго бугеб хIацIу къулчIани - холаро. Цабзазда гьоркьоб къараб кванил жо, хIацIугун цадахъ, къулчIани, батIаги гьабун къватIибе твизеги бажаричIони, как батIуллъуларо. Какилъ вукIинги кIочон тун, хIарамаб букIин лъачIого ахту къулчIани яги мукъулукъалда бугеб ахту къулчIун ани, как батIуллъуларо.

ТIагIамалъул букIа, гьуинаб жоялъул букIа кIалдиб хутIараб татугун цадахъ хIацIу къулчIани, как батIуллъуларо. Какичурун хадуб кIалдиб лъим хутIун батани, хIацIугун гьеб какилъ къулчIани, как батIуллъула. Кофеялъ яги цоги жоялъ кьер хисизабураб хIацIу къулчIани, как батIуллъула. Къилбаялъул рахъалдаса цогидаб рахъалде керен буссинабуни, как батIуллъула.

КIочон тун къилбаялдаса вуссун, цинги вуссараб лахIзаталъго цIидасан къилбаялдехун вуссани, как холаро. Как гьоркьоб къотIизабизе яги цогидаб какалде сверизабизе абун ният гьабуни, как биххуларо. Гьединго как хола черхалъ гьарулел какил рукнабазул цониги рукну бокьун тIаде цIикIкIинабуни, масала, суждаялда нодо гIодоб лъун хадуб гьениса босун цониги бакIалда нодо лъуни, как хола.

Какилъ бихьинчиясул цIинуялдаса гъоркьехун бугеб рачлихъбакI, цебеса чехь яги нахъаса мугъ загьирлъани, как батIуллъула. ЧIужугIаданалъул рас, габур, махIаби, кверзул рищалаби, хIатIал загьирлъани, как хола.

Как хола какил цониги рукну бокьун гьоркьоб биччани. ЛъачIого гьоркьоб рукну биччан батани, гьеб тIубазабизе ккола. Гьединго как хвезабула имамасдаса кIиго пишаялъул рукнуялъ цеве ккани яги бокьун кIиго рукнуялъ гIузру гьечIого имамасдаса нахъе ккани.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2025-06-15 (Зул ХIижжа 1446 с.) №12.


Лъимер хвасар гьабуравгун дандчIвана муфти

МахIачхъалаялда, Октябралъул революциялъул цIаралда бугеб каналалъуве бортараб лъимадул гьаркьал рагIула аскIосан унев вукIарав ичIабилеб классалъул цIалдохъан МухIамад ГIабдулхIакимовасда. Гьес лъелъеги кIанцIун гьев гьитIинав вас хвасар гьавула. Гьединав бахIарчи ва гьесул эбел-эмен рачIун...


ГIелмуялъул нухда – 25 сон

ГIелму цIалиялъул хиралъиялъул хIакъалъул рачIарал гIемерал аяталгун хIадисал, салафазул асарал руго. Мажгитазул минбараздаса, казияталъул тIанчазда, исламиял тIахьазда гьелъул бицунебги гIемераб рагIула халкъалда. КигIан гьеб бицунеб бугониги гIелму цIалиялъул унго-унгояб хIасил цебелъун бихьуларо...


ГIибадаталъул хьон

ТIадегIанав Аллагьасе бацIцIадго гIибадат гьабизе ккани инсанасе чара гьечIого къваригIуна бацIцIадаб, хIалалаб тIагIам. Имам Гъазалияс абун буго: «ТIагIам буго гIибадат гьабиялъул хьон. Гьеб хьон хвараб, чорокаб бугони, гьелдаса тIирщулеб жоги хвараб, чорокаб букIуна», -...


ДИУялъ 25 сон тIубай кIодо гьабуна


Бищун берцинаб калам

Как ахIи буго паризаяб какие заман щвеялъе бугеб исламалъул гIаламат. Къамат гьабиги буго гьелде жамагIат бачIиналъе бугеб ахIи. Гьелда тIадеги, гьеб къадруяб ахIиялъухъ гIемерал лъикIлъаби руго ва диналда хасаб бакIги ккола.   Как ахIиялъухъ щола кири МухIаммад аварагас ﷺ абун буго:...