Аслияб гьумералде

ГIадамазул хIажатал тIуралев

ГIадамазул хIажатал тIуралев

ГIадамазул хIажатал тIуралев

ХIурматияб «Ас-салам». Мун цIалуларев чи къанагIатги ватиларо Дагъистаналда. Гьединлъидал, бокьун буго цо лъикIав чиясул хIакъалъулъ газеталдасан бицине.

 

Гьаб сураталда вихьулев чи ккола ЛъаратIа районалъул Гъараколоб росулъа Юсупов Сайидил вас Набиюла. Гьев вуго гIадамазулгун хIал рекъезабизе лъалев, лъилго къваригIел тIубалев, тIаде рачIарал рази гьарулев инсан.

Армиялда хъулухъ гьабун хадуб цIализе лъугьана МахIачхъалаялда бугеб цаби-гIусал къачIалеб «Каиб» абураб идараялде. Гьебги лъугIизабун хIалтIана Россиялъул батIи-батIиял шагьаразда цаби-гIусал къачIалев техниклъун. ГIезегIан соназ гьенивги хIалтIун тIадвуссана гIагараб районалде. ГьабсагIаталда хIалтIулев вуго райполиклиникаялда фельдшерлъун. Амма гьес рехун тун гьечIо кIиабилеб махщелги. Гьев кидаго хIадурго вукIуна хIажатазе кумекалъе.

Гьесухъе гIемерав чиги вачIуна. Гьесие нижеца гьарула лъикIабщинаб.

 

Нуруллагь ХIажиясул вас ИсмагIил, ЛъаратIа район, УнхIада росу

2025-08-01 (Сафар 1447 с.) №15.


«Как – диналъул хIуби»

«Намаз - опора религии» абураб тIехьалда тIасан руччабазда гьоркьоб къецал тIоритIана муфтиясул гIакълуч1ужу ГIайна ХIамзатовалъул призалъе гIоло. Къецазда гIахьаллъи гьабуна тIолабго республикаялдаса лъабазаргогIанасей ч1ужугIаданалъ. Финалалдейин абуни йорч1ана 681 гIахьалч1ужу.


ДГИялъул студентазе кьуна дипломал

«Россия - моя история» абураб тарихияб паркалда тIобитIана исана ДГИ лъугIаразе дипломал кьеялъулаб тадбир. Выпусниказе лъикIабщинабги гьарулаго, ДГИялъул ректор НухIкъади БахIмудкъадиевас абуна: «Институталда ц1алулел соназда жаниб нужее щвана лъай гуребги хьвада-ч1вадизе кколеб...


Хъизан ц1уни

Гьаб заманалда гIемер рагIулеб хабаралдаса ккола хъизаналда гьоркьор ругел гIунгутIабазул бицунеб накъит. Гьеб кидаго букIараб жо бугониги, гьаб заманалда ц1акъго гIемерлъун буго. ГIемер халлъулеб буго хъизанал риххулел. Гьелъие гIайибиялги жалго гурел цогидал гIадамал ругин ч1езабулеб...


Суал-жаваб

Операция гьабулеб мехалъ наркозалда гъоркь вукIарав яги лъавудаса арав чияс гьоркьор риччарал какал рец1изе кколищ?   Лъавудаса арав яги тIубанго наркозалъул асаралда гъоркь вугев чиясда как базе тIадаб гьеч1о. Лъавуде вач1ун хадуб гьесда тIадаб гьеч1о лъавудаса араб заманалда жинцаго риччан...


Дагъистаналъул муфтиясе медал кьуна

ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афанди мустахIикълъана «20 лет 15-й отдельной гвардейской мотострелковой Александрийской ордена Суворова бригаде» абураб медалалъе. Гьеб медаль кьеялъулаб тадбирги тIобитIана «Мужество и доблесть защитников Отечества — нравственный ориентир для молодёжи» абураб...