Аслияб гьумералде

ЦIияб басма

ЦIияб басма

Гьал къоязда къватIире рачIана КъахIиса ХIасан афандиясул «Хуласатул адаб» ва «Танбигьу саликин» абурал тIахьал. Халкъалда гьоркьор гьел машгьурал рукIана Шурагьиб басмаханаялда кьабурал, цо жилдалда жаниб кIиябго тIехь бугеллъун.

Гьезул аслиял, ай ХIасанафандияс жиндирго квералъ хъварал тIахьазде тIаде ккейгун данде ккун балагьидал ругоан гьезул цо-цо хиса-басиял. Чанго батIияб квералъ хъварал тIахьалги данде росун, цоцада дандеги ккун гьел мухIкан гьариялда тIад хIалтIи гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул бербалагьиялда ва жиндирго хасаб гIахьаллъиялда гъоркь.

Хасго «Танбигьу саликиналда» жанир ккана гIезегIан мухIкан гьариял. Гьелъие кьучIалъе хIалтIизабизе кодоре щвана живго ХIасан афандияс жиндирго квералъ хъвараб мусаввад, ай черновик, тIоцебе хъварал тIанчал. Гьелда жанибго бугоан гъоб заманалда Щурагьиб басмаханаялда хIалтIулев вукIарав ГIуриса катиб ГъазимухIаммадихъе, гьелда тIад гьаризе ругел хIалтIаби ва ихтияр баян гьабун хъвараб кагъатги.

Гьанже кьабураб басма ккола кIиябго батIа-батIа гьабураб кIиго тIехь. ХIасан афандияс гьеб кIиябго тIехьалда жаниб лъун бугин абизе бегьула тIарикъаталъул баян ва гьелъул адабазул киналго тIахьазда тIаса бищараб тIор. Берцинго гьел ричIчIун цIаларав чиясе гIемераб баян ва баракат щвела тIарикъаталда жанир ругел масъалаби ричIчIиялъе.

Гьединго гьел тIахьазда кьун буго гIараб рагIабазе мухIканал магIнабиги. Гьайгьай гьелда жанир нагагь ричIчIуларел бакIал дандчIвани, чара гьечIого гIалимзабазде аскIоре ун, баян тIалаб гьабизе ккела. Дунялалъул кигIан кIудиябги ва хириябги жавгьарал гьезул багьаялде данде щибго гуреб жо бугин абуни мекъи ккеларо. Аллагьас тавпикъ кьеги нилъее киназего гьел тIахьалги цIалун, гьезда бугелда гIамалги гьабун хьвадизе!

Амин!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...