Аслияб гьумералде

Бер ккун хадуб гьабулеб дару

Бер ккун хадуб гьабулеб дару

Бер ккурав чи лъалев вугони, гьесде амру гьабила черх чуреян. Гьес черх чурараб лъим бер ккурасде тIаде тIела, ай, чвердела ва цодагьабго гьелдаса гьекъела. ИншаАллагь, сахлъила.

ГIаишатицаса бицараб хIадисалда абулеб буго аварагас малъулаанин: «Жиндир бер ккурасда какичури гьабеян абун. Жинда бер ккарасдаги гьеб чурараб лъеца чвердеян абулаанин», - абун (Абу Давуд).

Бер ккурас нахъ чIвани, какие ва черх чури гьабиларин абун, гьебмехалъ гьесул черхалда хъвараб ретIел букIа, такъия букIа – гьебги чурун кьела бер ккарасе хIалтIизабизе.

Бер ккурасда абизе нечани, ялъуни санагIат гьечIев чи ккани гьесул чай гьекъараб стакан букIа, чурпа кванараб гъадаро букIа, чамасдакIги кванан рехараб пурчIина (гага) букIа босун, чурун, хулун, гьеб лъим хIалтIизабила добго хIалалъ.

Бер ккурав чи лъачIони, Аллагьасде гIемер гьардон, хIелизе ккела, гьаб къварилъи-балагь тIаса босеян.

Цо нухалъ аварагасда рагIула лъимадул гIоди. Гьес абула: «Лъимералъе ккараб щиб, гIемер гIодулеб бугогури, щай нужеца гьелъие бералъе дару гьабулареб?» – абун (Бухари).

Гьал хадур рехсарал аяталги гIемер цIализе рекъарал руго:

Къулгьу, КъулагIузаби, АлхIам, аятул Курси, суратул Бакъараталъул авалиял ва ахириял аятал ва шаргIалъ цIализе рихьизарурал дугIаби. Гьел цIалила кваранаб квер унтараб бакIалда тIад лъулъалаго, цодагьаб хIацIу тIадеги тун.

Ялъуни, цере рехсарал аятал лъеде цIалун хадуб, гьелде пула, цинги бер ккурасда гьеб гьекъезабила ва черхги чуризабила. Замзамалъул, ялъуни цIадал лъим лъикI букIина щвани. Гьединго зайтуналъул ва ганзиралъул нахалде цIалила, радал-къаси гьекъезе гьитIинаб гъуд цIун ва къаси тIад бахинеги букIине.

Яги цере рехсон арал аятал шафраналъ кагътида хъван, лъелъеги рехун, жинда бер ккарасда гьекъезабила ва черхги чуризабила. Иншааллагь, сахлъила.

МУХIАММАДХIАБИБ БУДУНОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...