Аслияб гьумералде

Усамат бин Зайд

Усамат бин Зайд

Гьижрияб анкьабилеб соналъ хирияв аварагасда ﷺ ва гьесул асхIабзабазда мушрикинал къурайщиязул тIадекIанцIи ва хадуб халкквей цIикIкIунеб букIана. Аллагьасул ﷻ нухде халкъ ахIиялъул борчалъ аварагасул ﷺ тIубараб гIумру балагь-гIазабалда ва ургъалабазда ана.

 

Гьединаб захIматаб хIалалда авараг ﷺ вугеб мехалъ Уму Айманица вас гьавунилан рохалил хабар босун гьесухъе чапар тIаде щвана. Гьеб хабаралъ аварагасул ﷺ гьумер гвангъизабуна. Киназдаго лъалаан гьев гьитIинав васасул эбел-инсудехун аварагасул ﷺ бугеб кутакаб рокьи. Гьев васасда цIар буго Усамат ибн Зайд. Васасул эбелалда цIар - Баракат ал-ХIабашият. ГIадамазда гьоркьоб Умму Айман абун цIар тIибитIун букIана гьелъул.

Жиндир заманалда Умму Айман йикIана, аварагасул ﷺ эбел, Аминат бинт Вагьбил хъулухъчIужулъун. Аминат хведал аварагасул ﷺ рахьдал эбеллъунги йикIана Умму Айман. Аварагасе ﷺ кутакалда йокьулаан гьей ва гьес ﷺ гIемер абулаан: «Умму Айман дир кIиабилей эбелги дир хъизан-агьлуялъул цояйги йиго», - ян. Васасул эменин абуни вукIана Зайд ибн ХIарисат.  Аварагасул ﷺ балъголъаби цIунаравлъунги ва кидаго гьесда цадахъги вукIунаан гьев.

УхIудалъул гъазаваталъул къоялъ Усамат ибн Зайд асхIабзабазул цогидал лъималгун рагъда гIахьаллъизе шавкъгун рагъул майданалде вачIана. Хирияв аварагас ﷺ гьездаса цо-кIигояв тIаса вищун, хутIарал жеги гIиссинал ругиланги абун, нахъе ритIана. Нахъе ритIараздасан вукIана Усамат ибн Зайдги.

Хандакъалъул гъазаваталъул къоязги Усамат ибн Зайд, кьерилалгун цадахъ, гьанжеги вачIана рагъул майданалде. Рагъда гIахьаллъизе гIищкъуялъ аварагасда ﷺ жив ворхатавлъун вихьизе гьес хIатIал эхеде цIцIалел рукIана. Гьев вихьидал аварагасул ﷺ ракIгурхIана ва изну кьуна. Кодоб хвалченги ккун 15 сон гурони бачIев Усамат хандакъалъул гъазаваталда гIахьаллъана.

ХIунайналъул гъазаваталда бусурбаби капурзабаздаса къезе байбихьидал, Усамат ибн Зайдги аварагасул ﷺ имгIал ГIаббасги, гьесул вацгIал Абу Суфян ибн ХIарисатги жеги анлъго асхIабги капурзабазда къуркьизаризе кIвечIо. Алагьасда ﷻ иман лъураб гьеб гьитIинаб къокъаялда кIвана нахъе къалел бусурбаби цIунун къей бергьенлъиялде сверизабизе.

Муътаталъул рагъдаги, 18 сон бачIев Усамат, жиндирго эмен Зайд ибн ХIарисатил байрахъалда гьоркь вагъулев вукIана. Жиндирго беразда инсул хвелги бихьана гьесда. Кинниги бихьаралъ гьесул хIал хисичIо ва къуватги дагьлъичIо. Эмен хведал ЖагIвар ибн Абу ТIалибил байрахъалда гьоркь ва гьевги чIвайдал ГIабдуллагь ибн РавахIал бетIерлъиялда гьоркь вагъулев вукIана. ГIабдуллагь ибн РавахIатги капурзабаз чIвайдал, бусурбабазул бодул бетIерлъун Халид ибн Валид вищана.

Гьесул бетIерлъиялда гьоркь бусурбабазда кIвана капурзабазда тIад бергьенлъи босизе.

Гьижрияб 11-абилеб соналъ хирияв Бичасул расулас ﷺ византиялгун рагъ базелъун бо бакIареян буюрухъ кьуна. Аварагас ﷺ бодул бетIералда жеги 20 сон бачIев Усамат ибн Зайд тана. Бусурбабазул бо рагъде ине хIадуридал Бичасул авараг ﷺ унтана. Жеги тIаде аварагасул ﷺ унти цIикIкIиндал рагъде хIадурлъи гьев ﷺ сахлъизегIан чIезе тана.

Гьоркьоб заман инелдего хирияв авараг ﷺ ахираталде накълолъана ва бусурбабаз Абу Бакр асхIаб халифлъун тун гьа бана. Авараг ﷺ чIаго вукIаго гьабизехъин букIараб рагъалъе халифас Усаматие буюрухъ кьуна.

ГIолохъанав Усаматил бетIерлъиялда бугеб бо чабхъад унаго, аварагасул ﷺ халиф, Абу Бакр чода рекIарав Усаматие къо-лъикI гьабун цадахъ лъелго унев вукIана. Усаматица абуна: «Я, Бичасул расуласул ﷺ халиф! Мун ялъуни чоде ваха ялъуни дун гьоркье рещтIина», - ян. Абу Бакрица абуна: «АллагьасхIаги, мун гъоркьеги рещтIинаро, дун чодеги вахинаро! Аллагьасул ﷻ нухда цо сагIаталъгIагийищха дида вилъине кIолареб?» Хадубги Абу Бакрица абуна: «БетIергьанас ﷻ дур динги, мунги цIунаги, Аллагьас ﷻ дуе бергьенлъиги кьеги. Бичасул расулас ﷺ дуда абураб гьабизе Аллагьас ﷻ кумекги гьабеги», - ян.

Усаматидехунги къулун Абу Бакрица жеги абуна: «ГIумар-асхIабас дие гьаниб кумек гьабилилан дуда ракIалде ккун батани, гьесие изну кье дида аскIов чIезе», - ян. Халифасул гьариялде Усаматица разияб жаваб кьуна.

Бусурбабазул бодул бетIерлъиялда Усаматица Аварагас ﷺ чIаго вукIаго малъухъе гьабуна кинабго. Бусурбабазул чодулаз Палестиналда бугеб Бакълаалъул районги ва гьединго ад-Дарум абураб хъалаги  кверде босана. Гьеб чабхъен сабаблъун ккана Шамги, Египетги, кинабго Северияб Африкаги, хIатта Атлантикияб океаналде щвезегIан ругел ракьалцин кверде росиялъе.

Эмен тIад шагьидлъараб чодаги рекIун, рикIкIун лъугIуларел давлабигун, Усамат тIадвуссана.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


Ихдалил хIурмат

Гьале тIаде щвана тIогьолаб ихдалил заман. ГIемерисеб халкъалъе бищунго бокьулеб мехги ккола гьеб. Иснанасул къаркъалагун сверухъ бугебщинаб тIабигIат цIилъулеб заманги буго гьаб. Гьединго ихдалил заман буго хурзал-ахал рекьулеб, къачIалеб ва кIурулеб мех. Щайгурелъул, гьелда бараб буго инсанасул...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!         ГъазимухIаммадова Написат, 8 сон, Кокрек росу. ЗайнулгIабидова ПатIимат, 5 сон. Ражабов Ислам, 4 классалъул цIалдохъан, Ахъайтала росу. Темирукаева Асия, 6...


Къуръаналъул къец ва районалъулаб ифтIар

Рамазан моцIалъул ахирисел къоязда ГӀахьвахъ районалъул КIудиябросулъ тӀобитӀана Къуръан цӀалиялъул къец ва ифтIар.   Къецги тIобитIун букIана районалъул бетIер МухIаммад МуртазагIалиевасул хIарака-талдалъун, жиндирго эбел-эмен ракӀалде щвезариялъул хIурматалда. Гьеб тадбиралде данделъана...


Тарихалъул багьадур

КӀудиял имамзабазул цояв, гӀалимзабазул сайид, шафигӀияб мазгьабалъул къази, машгьурав тарихчи ва таржамачи ибну Халликан гьавуна 1211 соналъ (гьижрияб 680 сон) ГӀиракъалъул Эрбил шагьаралда.   Ибну Халликан ГӀиракъалда гьавуниги, гьесул тӀолабго гӀумру ана Мисриялда ва Шамалда. Гьесул...


Муфти дандчIвана хIафизгун

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди дандчӀвана, хирияб рамазан моцӀалъ таравихӀалъул каказда гӀахьаллъизе республикаялде вачӀун вукIарав машгьурав хӀафиз Сиратуллагь Рауповгун. Гьез бицана хирияб Къуръан малъиялъул, рекӀехъе лъазабиялъул къагIидабазул хIакъалъулъ.