Аслияб гьумералде

АхIматIиловалъул цIаралда школа

АхIматIиловалъул цIаралда школа

АхIматIиловалъул цIаралда школа

ГIайшат АхIматIи-ловалъул цIаралда бугеб тIабигIат берцин гьабиялъул школа рагьана МахIачхъалаялда. Гьеб рагьулеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандица ва гьесул лъади ГIайна (ПатIимат) ХIамзатовалъ.

Рехсараб школа ккола «Гьидаят» руччабазул лъай кьеялъул централъул филиал. Школалда дарсал кьола чIобого ва гьеб лъугIаразе кьола «Гьидаят» централъулго гIадинал дипломал. Гьениб малъула хьвада-чIвадиялъул къагIидабиги, рукIа-рахъине кколеб куцги, кин гара-чIвари гьабилебалиги, рокъоса-гIебеде гьабулеб хIалтIиги ва гIемераб цогидабги.

Школа рагьиялъул тадбиралда кIалъазе рахъарал гIалимзабаз, диниял церехъабаз бицана руччабаз лъай тIалаб гьабизе ккеялъул ва гьелда жаниб бугеб баракаталъул.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...