Аслияб гьумералде

Гъоркьа КIогьориб – «Инсан» фонд

Гъоркьа КIогьориб – «Инсан» фонд

Дагьал церегIан къоязда «Инсан» фондалъ цIакъ пайдаяб акция тIобитIана Гъоркьа КIогьориб росдал школалда. Гьениб гIахьаллъи гьабуна Гъуниб районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIалиасхIаб Разакъовас ва Гъоркьа КIогьориб росдал имам ГъазимухIаммад ГIабдукаримовас. Фондалъ школалде щвезабуна кванил нигIматазул ва цоги хIажатал жалазул гIураб къадар. Гъуниб районалда бугеб фондалъул филиалалъул нухмалъулев ШагIбанов ГIабдулаца ракIракIалъулаб баркала кьолеб буго акциялда гIахьаллъи гьабуразе.

Рокьуе гIурхъи букIунаро

35 соналъ цебе, 16 сонил ригьалде вахарав вас хведал, тIубанго канлъиги босун хутIана Турциялъул Гюмюшпинаралдаса Зугьра Бозуглу. Гьанже гьелъул буго 72 сон. Амма гьелъул рос МухIаррам Бозоглуца гьей рехун течIо ва гьанже 70 сонил ригьалде ваханиги бажарарабщинаб гьабулеб буго лъадуе. Васасда хадуй гIемер гIодиялъ беццлъанин гьейилан абулеб буго бетIергьанчияс. Тохтурзабаздаги кIун гьечIо гьелъие кумек гьабизе. Амма МухIаррамица гьей рехун течIо, гIагарлъиялъ цоги чIужу ячейилан гьесда абулеб букIаниги. Гьес лъазабуна жив рокьуе хилиплъуларин. Гьеб талихIаб рос-лъадул буго жеги 6 лъимер ва лъималазул 18 лъимерги.

ХIалалабщинаб бичулеб базар

Великобританиялъул Бирмингемалда рагьараб тIоцебесеблъун кколеб хIалалабщинаб бичулеб базаралде щварал битIахъе хIикмалъун хутIулел руго. ГIадамазе лъикIаб асар гьабулеб буго гьенир ричулел нигIматаз гуребги, ричарухъабазул гIаданлъиялъги, базаралде рачIараздехун бугеб бербалагьиялъги. Лъималгун рачIаразе гьениб буго зодикь рагьараб кинотеатр ва лъимал хIазе хасаб рукъ. Гьадинаб базарги ракI рагьарал ричарухъабиги ратилин ракIалдего ккун букIинчIин бицунеб буго базаралде рачIараз. ГIицIго нигIматазул рахъалъ гуребги ингиласал асир гьарун руго бусурбабазул культураялъги, рукIа-рахъиналъги, даран гьабулеб къагIидаялъги.

Бусурбабазул хIакъалъулъ кино

СШАялдаса рос-лъадуца, тIолабго улкаги сверун, бахъун буго бусурбабазул гIумруялъул хIакъалъулъ бицунеб документалияб фильм. Гьел ккола Муна ХIайдар ва Себастьян Робинс. Муна ХIайдар ккола Сириялдаса, гьелъул рос – хъвадарухъан ва улкаялъул лъай кьеялъул идараялъул хIалтIухъан. Гьел кIиялго ккола бусурбаби. Чикагоялдаса бахъараб ЛосАнджелесалде щвезегIан гьабураб сапаралъул хIасилалда гьез лъазабуна бусурбабаз СШАялда гIумру гьабулеб бугеб къагIида. Масала, Чикагоялда гьел дандчIвана машгьурав боксер МухIаммад ГIалил яс Марьямгун. Гьединго дандчIвана машгьурал инженералгун, рестораторалгун, тохтурзабигун ва хъвадарухъабигун. «Нижер аслияб мураб букIана СШАялда бусурбабаз гIумру гьабулеб къагIида, гьезул рукIа-рахъин ва яшав лъазаби гуребги гьеб кинабго цогидаздаги бихьизаби», - ян бицана рос-лъадуца.

Муфтиясги хIана хоккей

«Щивасе хоккей» абураб цIаралда гъоркь Казаналда тIобитIана гурхIел-рахIмуялъулаб мурадалда хоккей хIаялъул рахъалъ къец. Аслияб къагIидаялда хоккей хIалел рукIана унтарал, ай жидее цо кинаб бугониги гIузру букIиналъ коляскаялде ккарал лъимал. Лъималазе кумек гьабулеб букIана «Ак Барс» командаялдаса хоккеистаз. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Татарстаналъул муфти Камил-хIазрат Самигуллиница, Казаналъул мэр Ильсур Метшиница, кашиш Алексий Чубаковас ва гIемерал цогидазги. ХIай халат бахъана 45 минуталъ, гьоркьоб кIиго нухалда хIухьбахъиги гьабун.

Черкесскиялда цIияб мажгит

Карачаево-Черкесиялъул тахшагьар Черкесскиялъ исана хIадурлъи гьабулеб буго республика гIуцIаралдаса 100 тIубаялъулаб юбилей кIодо гьабизе. Гьедин лъазабуна КЧРалъул бетIер Рашид Темрезовас. Гьеб заманалде гьениб рагьизе буго цIияб мажгитги, гьайгьай, жеги гIемерал бакIалги. Гьелдаго цадахъ хIисабалде босун буго тахшагьаралъул нухалги, минабазда цересел азбаралги, гIадамал хьвадулел тротуаралги къачIазе. Черкесскиялъул автопаркалъеги босизе буго 20 цIияб автобус.

Мармар-къоноялда – «Бисмиллягь»

Турциялъул Анталия провинциялда мармар бахъулеб карьералда батун букIана «Бисмиллягь» абун тIад хъвараб къоно. Гьелъул цIехрех гьабизе къоно битIун букIана Сулейман Демирелил цIаралда бугеб университеталде. ГIалимзаби Физули Ягмурлуца, Расит Алтындагица ва Назми Сенгуница, гьелъул цIех-рехги гьабун, гIажаибаб лъазаби гьабуна. Гьез чIезабуна 195 миллион сон ракьулъ бараб къанида тIад гьабураб хъвай-хъвагIай инсанасул кумек гьечIого лъугьараб бугин абун.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...