Аслияб гьумералде

ГIалимзабазул мажлис

ГIалимзабазул мажлис

Машгьурав гIалим ва имам аш-ШагIрани ракIалде щвезавиялъул мурадгун, Избербаш шагьаралда тIобитIана республикаялъул гIалимзабазул мажлис.

Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул югалъулаб округалда вугев вакил МухIаммадрамазан Ражабовас, муфтиясул кумекчи ГIабдула-хIажи Хидирбековас, исламиял гIелмабазул доктор, Буйнакск шагьаралъулгун районалъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммад Урминскияс, муфтияталъул халкъалъулгун бухьен гьабиялъул отделалъул нухмалъулев Шамил ГIумаровас, централияб округалда вугев вакил МухIаммад Майрановас ва гIемерал цогидазги.

Мажлис рагьана шазалияб хатму гьабиялдасан.

Хадуб кIалъазе рахъараз бицана гIолилазе тарбия кьеялъул бугеб кIваралъул, гьитIиназ кIудиязул гьабизе кколеб адабалъул, гьудуллъи-вацлъи цIунизе щивав бусурбанчиясда тIадаб букIиналъул хIакъалъулъ. АхIана мавлидалгун нашидалги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...