Аслияб гьумералде

Гъунисезул тIоцевесев имам

Гъунисезул тIоцевесев имам

Гъунисезул тIоцевесев имам

1859 соналъул 25 августалда гIурус пачаясул аскараз бухIун тала гьабураб Гьуниб росулъ, ракьулъ жаниб букIараб мажгиталда ахирисеб нухалда какги бан, ракълилаб къотIиги гьабун, рагъги лъугIизе тун, имам Шамил гьениса гочаралдаса 132 соналъ Гьуниб букІинчІо мажгит, как ахIизе будун ва имам.

 

1990 соналъ улкаялда рагьун дин гьабизе изну кьун букIаниги, Гъуниб загьирго как балел гIадамазул къадар дагьго букIиналъги, жамагIат нухда бачине бажари бугев цевехъан, ай имам ватизе захІмат букІана. ТІадежоялъе, росулъ мажгит букIинчIолъиялъ жамагIат гьабун как базе санагIатаб мина тІалаб гьабизе кколеб букIана. Гьеб хIалалда рукIарал гъунисезе Аллагьасул ﷻ рахъалдасан кумек щвана ва 1991 соналъул кІиабилеб бащалъиялда росдал имамлъун вищана Гъуниб гІумру гьабулев, КІудияб ВатІанияб рагъул гIахьалчи, 78 сон барав Щуланиса ГIабдулаев МухIаммадамин. Гьев хIалимав инсанасда, гIумрудул сонал цIикІкIарав чи вугониги, нахъчІвазе кІвечIо гIадамазул гьари. Хадубго динияб данделъиялъул мурад тIубаялъе сабаблъун ккана санэпидстанциялъул минаялъул цо бутIа мажгиталъе кьеялъе районалъул нухмалъулез гьабураб хIукму. Гьеб гьитIинабго мина мажгиталде сверизабизе бахъараб яхІалдалъун бичІчIулеб букIана гъунисезул разилъи. БацІцІад гьабун къачIараб мажгиталда МухIаммадаминица имамлъи гьабун тІоцебе как байдал, разилъиялъул магIил гарал бадиса гирулел диналъул вацазул къадарги дагьаб букIинчІо.

МухIаммадаминил недегьаб каламалъ ва камилго кьолел жавабаз, какде рачIунезул къадар къойидаса-къойиде цІикІкIунебги букІана.

Хадусел соназ Дагъистаналъул Динияб идараялъ, мадрасабазда цІаларал мутагІилзабазда тІадкъана росабазул мажгитазе имамлъи гьабиялъул иш.

Гьаб макъала хъваялъе аслияб гIиллаги буго, рагьун дин гьабизе ихтияр щведал, нилъер гьанир рукIарал диниял церехъаби гІун бачунеб гІелалда лъай.

МухIаммадаминин абуни нилъедаса ватІалъана 2006 соналда ва вукъун вуго Каспийск шагьаралъул хабзалалъ.

 

 

ГIумар ГIумаров, Гъуниб росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...