Аслияб гьумералде

«Марва-Тур». 15 сон

«Марва-Тур». 15 сон

МахӀачхъалаялда бугеб Гьудуллъиялъул минаялъуб тӀобитӀана «Марва-Тур» гӀуцӀаралдаса 15 сон тӀубаялда хурхараб тадбир.

«Марва-Тур» ккола хӀежалде унезе квербакъи гьабиялъул мурадалда гIуцIараб туроператор.

Гьел соназда жаниб рехсараб гӀуцӀиялъ бихьизабуна божизе бегьулеб идара жибго букIин ва щивав хӀажичиясул ургъелги тIаде босулеблъи.

Гьеб тадбиралъул хӀурматияв гьоболлъун вукӀана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афанди. Баркиялъулал хитӀабал гьаруна «Уйташ» абураб халкъазда гьоркьосеб аэропорталъул директор Николай Субботиница ва исламиял гӀелмабазул доктор МухӀамад КъахӀибскияс.

Гьез компаниялъул командаялда юбилей баркана ва баркала загьир гьабуна бажарараб куцалда гӀемерал соназ хIажизабазе гьабулеб бугеб хъулухъалъухъ.

Тадбиралъул аслиял лъугьа-бахъиназул цояблъун букӀана «Марва-Тур» компаниялъ 55 сон барай Хадижатие, гӀемерал соназ захӀматго унтарал гӀагарлъиялъул гIадамазда хадуб бербалагьи гьабуралъухъ ва рокъовеги вачун бесдалав хьихьаралъухъ гӀумраялде ине ихтияр кьолеб путевка кьей.

Гьединго гӀумраялде ине путевка кьуна Болъихъ районалъул Муни росулъа Савдатие. Гьей йиго гIумруялъул нухда гIезегIан захIмалъаби дандчIварай, росги кӀиго васги хварай гIадан. Тадбиралда бихьизабуна «Этос» абураб къокъаялъ «Авараггун дандчӀвай» абураб театралияб постановкаги.

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясул баракаталдалъун, гӀумраялде ине путевкаби щварал гьел руччабазе рес кьуна чIобого хӀежалде инеги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...