Аслияб гьумералде

БахIарзал дандчIвана муфтигун

БахIарзал дандчIвана муфтигун

БахIарзал дандчIвана муфтигун

Санкт-Петербургалда гIада-мазул цIураб автобус гIурулъе бортидал, тIоцере кумекалъе гьенире рачIарал рукIана дагъистаниял. Жидеего бугеб хIинкъиялъухъ балагьичIого гьел, гIадамал хвасар гьаризелъун, кIанцIана гIурулъе. Гьезул вукIана ункъояв ва гьез чанго чи хвасарги гьавуна.

Дагьал церегIан къояздайин абуни Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана гьел бахIарзалгун. Гьезда цадахъ вукIана Дагъистаналъул муфтияталъул Санкт-Петербург шагьаралда вугев вакил, КПЦДялъул имам Казим Темирбулатов ва ЛъаратIа районалъул имамзабазул советалъул председатель Ислам Израилов.

Муфти, шайих АхIмад-афандица баркала кьуна гIолохъабазе ва дандчIваялъул ахиралда гьабуна дугIаги.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...