Аслияб гьумералде

Къецалъул хIасилал гьаруна

Къецалъул хIасилал гьаруна

ГIолохъанал гIалимзабазул ва хIафизазул иргадулал къецал тIоритIана Хасавюрт шагьаралъул СагIидбег Даитовасул цIаралда бугеб исламияб университеталда. Гьезда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса исламиял цIалул идарабазул мутагIилзабаз.

Кидаго гIадин, исанаги къецал тIоритIана лъабго номинациялда рекъон: исламияб гIелмуялъул (фикъгьи), Къуръан рекIехъе цIалиялъул (хIифз) ва битIун как баялъул.

Къецазда гIахьаллъи гьабуна 250-ялдасаги цIикIкIун гIолилас.

Къецазда гIахьаллъараздаги, гьеб гIуцIараздаги, гьоболлъухъ рачIараздаги ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандил цIаралдасан баркиялъулаб калам гьабуна гьесул заместитель МухIаммад Мангуевас. Гьес бицана гьадинал къецал тIоритIиялъ квербакъи гьабулин нилъ киналго цолъиялъеги цоцада ричIчIиялъеги.

Финалиял къецазул ккана хадур рехсарал хIасилал.

ГIелмуялъул бутIаялда тIоцебесеб бакI ккуна МахIачхъалаялдаса АхIмад ГIисахIажиевас. Гьесие кьуна «Фольцваген-Поло» машина.

КIиабилеб бакI ккуна Шамил Багъатаровас. Гьесие кьуна ноутбукги 3000 долларги.

Лъабабилеб бакI ккурав МухIаммад Сайпудиновасе кьуна ноутбукги 2000 долларги.

Гьел ккола шайих МухIамад-ГIарифил цIаралда бугеб Дагъистаналъул исламияб институталъул студентал.

Къуръан рекIехъе лъай (хIифз) бутIаялда тIоцебесеб бакI ккуна МухIаммад МухIаммадовас (Чачан республика, Курчалой шагьар). Гьесие кьуна «Лада-Гранта» машина.

КIиабилеб бакI ккурав чачаназул АхIмат-юрт росулъа Салтаев МухIаммадие кьуна ноутбукги 2000 долларги.

Лъабабилеб бакI ккурав, шайих МухIаммад-афандил цIаралда бугеб Къуръан цIализе малъулеб мадрасалъул вакил, ГIамир МухIаммадовасе кьуна 1000 доллар.

Как битIун баялъул номинациялда тIоцебесеб бакI щвана МухIаммад Шихалиевасе. Гьесие кьуна Къуръанги 2000 долларги.

КIиабилеб бакI ккуна МухIаммад ГIалижановас. Гьесие щвана 1500 доллар.

Лъабабилеб бакIалъе мустахIикълъана Аюб НургIалиев (1000 доллар).

Гьел киналго ккола Казбек районалъул Гуни росулъа, СагIид-афандиясул цIаралда бугеб мадрасалъул мутагIилзаби.

Мурманскиялъул бусурбабазе щибго къварилъи гьечIо

Мурманск областалъул губернатор Андрей Чибисицаги Россиялъул бусурбабазул Динияб собраниялъул муфти, РФялъул ЖамгIияб палатаялъул член Альбир Кргановасги дандрана регионалда гIумру гьабун ругел бусурбабазда хъинтIулел суалал.

«Нижер регионалда гIумру гьабун руго киналго диназул ва миллатазул вакилзаби. Нижер мурадги буго гьез цадахъ рекъон, гьудуллъи-вацлъиялда гIумру гьаби. КIвараб хIаракат бахъула гьезие хIажатал шартIал чIезаризеги. ХIадурав вуго щивасул масъалаялде кIвар буссинабизеги», - ян абуна Андрей Чибисица.

Альбир Кргановас гьесие баркала кьуна хIурматалда къабул гьавуралъухъ ва разилъи загьир гьабуна регионалда ругел бусурбабаздехун лъикIаб бербалагьи гьабулеб букIиналъухъ.

Гьединго Альбир Кргановас абуна бусурбабазул улкабазги, экономикиябгун политикияб ахIвал-хIал хIалуцараб заманалда, рахъ кколеб бугин Россиялъул.

«Россиялдехун мекъаб бералъ балагьулел улкабазда гъорлъ цониги гьечIо бусурбабазул улка. Гьезул цонигиялъ рахъ кколеб гьечIо нилъер улкаялде данде лъазарурал санкциязулги», - ян абуна А. Кргановас.

ХIежалде унел руччабазе - call-центр

ДРялъул муфти, шайих АхIмад-афандил тIадкъаялда рекъон, «Гьидаят» абураб лъай кьеялъул централда хIадур гьаруна хIеж тIубаялъул хIакъалъулъ суалал лъикIго лъалел руччаби-специалистал.

Гьел чанго моцIалъ хIежалъул хIакъалъулъ къануназул суалазул рахъалъ лъай камил гьабизе цIалана гIалимзабазул нухмалъиялда гъоркь.

Гьел цIалул курсазул мурадги букIана хIежалде унел руччабазул хIажатал суалазе жавабал кьей, гьезда бичIчIулареб бичIчIизаби, лъалареб малъи.

ХIежалъулъ хIакъалъулъ суалал ругони, ахIизе бегьула телефоналъул гьаб номералде: 8-988-690-53-65.

ХIащул гьабураб мажгит

Малиялда унеб бугеб тунка-гIусиялъул хIасилалда хIинкъи буго тIолабго дунялалъулго хазиналъун кколел цо-цо объектал тIуранго тIагIиналда.

Масала, Женне шагьаралда бугеб хIарщул гьабураб мажгиталъе щибаб санайил гьабулаан ремонт. Исанайин абуни гьеб гьабизе рес рекъолеб гьечIо.

Шагьаралъул мэрасул заместитель ГIабдурахIман Дембелеца бицухъе, мажгиталъе ремонт гьабизе санагIалъи кколеб гьечIо улкаялда лъикIаб гуреб хIал букIиналъ ва гьеб къачIалезе хIинкъи гьечIолъи чIезабизе бажарунгутIиялъ.

Мажгитин абуни къачIазе ккола цIадал ралалде. Малиялда цIадазул сезон байбихьула июнь моцIалда.

ЛНРалда букIина цIияб мадраса

Луганскиялъул халкъияб республикаялъул бусурбабазул динияб идараялда ракIалда буго мадраса рагьизе. Гьелъул хIакъалъулъ бицунаго, Луганскиялъул аслияб мажгиталъул имам, ЛНРалъул муфти Эльдар Гамбаровас бицана Динияб идараялда хъвай-хъвагIай гьабураб мажгит бугин ва гьанже мадраса базеги хIажат бугин абун. Мадрасаги базе ракIалда буго мажгиталда цебе, ай гьелъул бербалагьиялда гъоркь.

ЛНРалъул муфтиясул рагIабазда рекъон, исламияб гIелму тIалаб гьабун Луганскиялъул гIадамал унел рукIун руго Крымалде ва 2014-абилеб соналде щвезегIан – Киевалде.

Гьанжейин абуни мадраса базе буго Луганскиялда ва гьенире лъай тIалаб гьабун рачIине ихтиярги ресги букIине буго Херсон областалъул гIадамазулги.

ПиринчIалъул мугьазда тIад – Къуръаналъул аят

ГIиракъалдаса гIолохъанав каллиграф Къасим МухIаммад Ризаца пиринчIалъул мугьазда тIад рахъула суратал ва гьарула хъвай-хъвагIаял. Багъдадалдаса 25 сон барав Ризаца гьединал хIалтIаби гьарула гIадамазул гьариязда рекъонги.

Гьесул рагIабазда рекъон, цо мугьалда тIад гьесухъа бажарулеб буго анцIго рагIи хъвазеги.

«Цо мугьалда тIад дица хъвана «Ихлас» сура. ТIипалодул мугьалда тIад хъвана Аллагьасул хириял цIаралги», - ян бицана гьес.

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


ТалихIаллъун рукIине ккани…

Исламалъ нилъеда малъула ТIадегIанав Аллагьас кьураб, кигIан гьитӀинабги нигIматалъухъ шукру гьабизе. Нилъедайин абуни, Аллагьас Жиндир рахIмуялдалъун кьураб нигIмат, нигIматлъунцин бихьулеб гьечӀо. Аллагьас Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца шукру гьабуни, Дица нужее цIикIкIинабила,...


ГIибадаталъулъ кIвахIаллъи

Имам Гъазалияс «ИхIяу гIулуму ддин» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьелъие кумек гьабулеб алатлъун ккола гIибадаталъе хIаракат бахъулел гIадамазул лъикIлъабазул хIакъалъулъ бицунел харбазухъ гIенекки. Гьелдасаги лъикIаб – гьединал гIадамазулгун гьудуллъи гьаби (кинаб гIамал,...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирслъун жиб кколеб гIелму тIалаб гьабидал, Къуръан рекIехъе лъазабидал, нус-нус тIехь цIалидал, вукIунищха гьев чи Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун? Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун вукIине ккани, гьеб киналдаго цадахъ хирияв Аварагасул ﷺ тIабигIатал лъазарун ва жинцагоги гьездаса мисал босун...


Къимат тIадегIанав

Щаклъи гьечIо, МухIаммад аварагасул ﷺ гIумру кигIан лъазабуниги нилъее дагьаб букIиналда. ХIакъикъаталда, Аварагасулъﷺ руго рикIкIен гьечIел лъикIлъаби. Гьединлъидал нилъеца, гьоркьоса къотIичIого, гьесда хурхарабщинаб жо лъазабизе ккола, хасго «аш-Шамаил МухIаммадия» абурал тIахьал...


ГIолохъанал гIалимзабигун дандчIвана ГIолилазул форум

Гьал къоязда Хасавюрт шагьаралда тӀобитӀараб, Саидбег Даитовасул цӀаралда бугеб къецалда бергьарал гӀолохъанал гӀалимзабазегун хӀафизазе гьоболлъи гьабуна Дагъистан республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Данделъиялда шайих АхӀмад-афандица баркана щварал бергьенлъаби ва бицана диналъе...