Аслияб гьумералде

Халкъазда гьоркьосеб конференция

Халкъазда гьоркьосеб конференция

21-22 ноябралда Дагъистаналъул тахшагьар МахӀач-хъалаялда тӀобитӀана «Исламияб диналъул аслияб къимат хӀисабалда ВатӀаналъе хъулухъ гьаби» абураб халкъазда гьоркьосеб гӀелмиябгун практикияб конференция.

Гьелда гIахьаллъана Россиялдаса ва къватӀисел улкабаздаса диниял хӀаракатчагӀи, гӀалимзаби, экспертал, жамгӀиялгун хӀукуматалъул идарабазул вакилзаби.

Мажлисалда кӀалъана ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди, Гъиргъизия республикаялъул муфтиясул тIоцевесев заместитель Талант-ажи Темирбаев, Татарстаналъул муфти Камил-хIазрат Самигуллин, Беларуссиялъул муфти Абу-Бекир Шабанович, Бакъбаккулаб Грузиялъул муфти Этибар Эминов, Шималияб Осетия-Алания республикаялъул муфти ХIажимурад Гацалов, Россиялъул Азиялъул бутӀаялъул бусурбабазул рухӀияб идараялъул председатель Рафигулла Аширов, Москваялъул ва тӀолабго Россиялъул патриархалда цебе бугеб экспертазул советалъул председатель иеромонах Григорий (Матрусов), Египеталъул диниял ишазул рахъалъ министр, шайих МухIаммад ГӀабдурахӀим ал-Байумий, Султанат Оманалъул диниял ишазул рахъалъ министрасул гIакълучи, шайих ИсмагӀил бин Насир ал-Офи, БахIреналъул шаргIияв къади, шайих Рашид Ибрагьим ал-Мурайгьи, Нигериялъулгун Россиялъул дармил ва инвестициязул рахъалъ консультативияб советалъул председатель Эммануэль Джонсон, гьединго, Россиялъул регионаздаса ва Гьоркьохъеб Азиялъул улкабаздаса бусурбабазул Диниял идарабазул вакилзаби.

Пленарияб данделъиялда батӀи-батӀиял гӀуцӀабазул вакилзабаз, гьединго, халкъазда гьоркьосел идарабазул вакилзабаз бицана рухӀиябгун моралияб тарбия кьеялъул, диназда гьоркьоб цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул, патриотизмалъул бугеб кӀваралъул хIакъалъулъ.

Тадбиралъул аслияб мурад букӀана рухӀиял ва моралиял къиматаздалъун гражданияб жавабчилъи ва патриотизм цебетӀезабиялъул гӀелмиял ва практикиял къагӀидаби ургъи.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...