Аслияб гьумералде

Щибаб къо эбелалъул

Щибаб къо эбелалъул

Щибаб къо эбелалъул

Эбел-инсул адаб цIуниялде кIудияб кIвар кьола исламалъ. Гьел кIиязда гьоркьосаги эбел цее гьаюла. Щайгурелъул гьелъул бутIа лъимадулъ гIемераб букIиналъ. Гьединлъидалин эбелалъул рухIиги лъимада хадуб цогидаздасаги цIакъго цIикIкIараб букIунеб.

Эбел исламалъ цIакъго хира гьаюн йиго. Хирияв аварагасухъе r цо чи вачIанила гъазаваталде вачейин гьарун. Аварагас гьесда гьикъанила эбел йигищин дур. Йигин жаваб кьунила гьес. – Гьелъие хъулухъги гьабун рокъов чIа, Алжан гьелъул хIатIикь буго, - ян жаваб гьабунила Бичасул аварагас . Гъазаваталъ вахъин бусурбанчиясе буго кутакалда кIудияб кIвар бугеб иш. Гьелдасаги цебе гьабулеб буго диналъ эбелалъул хIакъ. Аварагасул заманалда цо чи вугоанила жиндирго эбелги яччун тIавап гьабулев. Бичасул аварагасда гьес гьикъанила, эбелалъе кьезе кколеб хIакъ тIубалищин жиндиран. ТIубаларо, мун гьавулелъул ва хIара чIваралъул букIараб цо угьдиялъулцин хIакъ тIубаларин жаваб кьунила хирияс .

Гьаб заман буго херлъарал эбел-эмен лъималаз херазул рокъоре щвезарулеб. Гьелдаса кIудияб рогьо-нич щиб букIунеб бусурбанчиясе? Живгоги херлъилинищ кколареб, гьесиеги гьебго букIине ккелаха, гьелда рази ватани. Гьанже цIакъго машгьурлъун буго 26 ноябрь эбелалъул къойин абун гьелъие сайгъатал росулеб, гьей еццулеб.

Гьелдаги разилъизе гIемерго бажаруларо. Щайгурелъул, исламалда щибаб къо буго эбелалъулги инсулги. Цо къоялъ гьабураб хъулухъ гIолеб жойищ букIунеб? Дицани абилаан гьеб гIадаталда нихърилълъун гуреб, гьездаги цогидаздаги мисал бихьизабун эбелалъул къимат кидаго гьабизе ккелин бусурбанчияс.

ГIемерал ратула чIужулъимал сабаблъун эбелгун барщарал. Эбелалде семарал хIужабиги камулел гьечIо. Эбелалдехун гьединаб жойищ бегьулеб, бусурбанай ятичIониги гьелъул къимат ва гьоркьоблъи гьабизе кколеб мехалъ. Жеги лъазе кколеб жо буго эбел-эмен къварид гьари кIудиял мунагьаздаса букIинги. Гьадин бицун кигIан шаригIат ахIданиги цо-цояз гьелде гIамалго гьабулеб гьечIо. Аллагьас гьелги кантIизареги. Гьайгьай, руго кутакалда эбел-инсул къимат гьабулелги. Жидецаго чIамун квенги кьун гьел хьихьарал гIадамалги ругел нилъеда гьоркьор. Гьединаздаса мисал босизеги, гьезул бицинеги рекъарабги буго.

Цо чияс цIеханила аварагасда дица гьалмагълъи, адаб гьабизе бищунго рекъарав щив вугевин. Эбелин жаваб гьабунила. КIиабизе ва лъабабизеги кьунила гьев чияс суал, гьелда хадув щивин абун. Лъабабго нухалъ эбелин жаваб кьунила хирияс . Ункъабизеги гьес суал такрар гьабидал, цинги эменилан абунила аварагас . Гьалдаса бичIчIула нилъеда кигIан кIудияб къадру нилъеца эбелалъул гьабизе кколебали.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...