Аслияб гьумералде

КIочараллъун рукIинаро

КIочараллъун рукIинаро

КIочараллъун рукIинаро

Имам Маликица бицун буго Аллагьасул Расулас ﷺ абунин: «Дица нужее бицинищ БетIергьанасда ﷻ аскIоб нужер гIамалазул бищун лъикIалъул ва цIубаралъул, нуж даражаялъулъ тIадегIанги гьарулеб, месед-гIарац садакъаде кьеялдасаги хирияб, гьединго (жигьадалда) тушманасда дандги чIван, нужеца гьев чIвай яги гьес нуж (шагьидлъи щун) чIваялдасаги хирияб?» - абун.

 

Гьеб мехалъ аскIор рукIарал асхIабзабаз абуна: «Щиб гьеб кколеб, я Аллагьасул Расул ﷺ?» - абун. Аварагас ﷺ абуна: «ТIадегIанав Аллагь ﷻ рехсей буго», - ян.

Аллагь ﷻ рехсей, гIибадат гьаби буго нилъер гIумрудул аслияб мурад. Гьеб хIал букIине ккола муъминчиясул мацIалда, ракIалда, черхалда, ай щибаб лахIзаталда хурхараблъун. Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун бугелъул (магIна): «Дица жиналги инсалги Дие гIибадат гьабизе гурони рижичIо», - ян (сурату «Аз-Зарият»).

Жеги абун буго (магIна): «Как бай Дун рехсезе (Дун ракIалде щвезе)», - абун (сурату «ТIагьа»). Гьаб зикри (БетIергьан ﷻ рехсей) абураб рагIи Къуръаналда 300 нухалдасаги цIикIкIун дандчIвалеб буго. Суратул «АхIзабалда» абулеб буго (магIна): «Я иман лъурал гIадамал, нужеца Аллагь ﷻ гIемер рехсей», - абун.

Аллагь ﷻ рехсолезул гIумру букIуна талихIаб, пашманлъи-къварилъи гьечIеб, тIаде бачIарабги сабруялдалъун тIобитIулеб, кIиябго рукъалъул лъикIаб жидее щвараблъун. «Нужеца Аллагь ﷻ гIемер рехсе, нуж талихIаллъун рукIина», - абун буго Къуръаналда (суратул «ЖумугIат», 10 аят). Аллагь ﷻ рехсей дагьал, гIумру, магIишат кинаб бугониги, гьезул хIал букIуна цо жо гIолареб, къваридаб, рахIат гьечIеб. Гьединаздехунги абулеб буго Къуръаналда (магIна): «Нуж рукIунге жидеда Аллагь ﷻ кIочарал гIадамазда релълъун, цинги гьезда Аллагьас ﷻ жалгоги кIоченарурал. Гьел руго пасикъзаби», - ян (суратул «ХIашр», 19 аят).

Аллагь ﷻ рехсонгутIи буго гIамалазул бищун квешабги киналниги мунагьазул аслуги. Гьелъ буго Къуръаналдаги гьединаздасан рукIунгеян абулеб.

Аллагь ﷻ рехсонгутIи буго талихIкъей, чIорого хутIи, гьабураб гIамалалъулгицин ахираталда кIудияб хIасил батунгутIи.

Аллагь ﷻ гIемер рехсолел чагIазе рохел гьабунги, Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Нужеца Дун рехсе, Дица нужги рехсела», - абун (суратул «Мунафикъун»). Гьев ﷻ рехсеялдаго цадахъ кIочене бегьулареб гIамалалдасан буго нигIматалъухъ шукру гьабиги.

Гьеб кинабго букIинеги ккола мацIалъ абун гуреб, ботIролъ цIунараб, ракIалда накъищ бахъараб, гьениса бачIунеблъун. Аби буго, рекIел гIумру бугин Аллагь ﷻ рехсейилан. ХIадисалдаги буго: «Аллагь ﷻ рехсолезулги рехсоларезулги мисал чIагоязулги хваразулги буго», - абун (Абу Муса). 

Аллагь ﷻ кидаго рехсолеб хIалалде нилъ рачунеблъун буго тIарикъат, бацIцIадаб тассавуфалъул нух, гьеб малъулел устарзаби. АлхIамдулиллагь, гьеб нигIмат нилъее кьунги буго.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...