Сарф-гIелмуялъул цIияб тIехь

ГIелму лъазаби буго кутакалда яхI бахъизе кколеб ва тIалаб гьабурасе гурони щолареб жо. ГIелму абун гIаммаб цIар кьуниги, гьелъулги руго батIи-батIиял тайпаби. Гьезул цояб ккола сарфин абулеб гIелму. Гьеб ккола рагIабазул формаби лъазарулеб грамматикаялъул бутIа.
Дагъистаналда сарф-гIелму лъазабиялде кIвар буссинабураздасан ккола, КъулецIмаса ГIали-афандиясул цIаралда МахIачхъалаялъул «Научный городокалда» бугеб мадрасалъул мударис, Гьандихъа ГIабдурахIман МухIаммадов. Гьал гIагарал къоязда гьес къватIибе биччана сарфалда хурхун хъвараб гIелмияб тIехь. ТIехьалъул хIакъикъат цIехон ниже дандчIвана гьевгун ва рес щвана гьабураб хIалтIуда хурхун чанго суал кьезе.
– Сарф-гIелмуялъ кинаб бакI кколеб гIелму лъазабиялъулъ?
– Сарф-гIелмуялъул пайда ккола кIалъаялъулъ гъалатIал ккеялдаса цIуни, пасихIаб мацI щвей, гьединго Къуръан-хIадис бичIчIизе кумек гьаби. Сарф-гIелмуялъе кьучI лъурав чи ккола шайих МугIаз ибну Муслим аль-Гьараъ. Гьевги ккола Абу-Асвад ад-Дуалиясул мутагIил, живги нахIви-гIелмуялъе байбихьи лъурав. Тасриф, сарф гIелмуйин абуниги, гьабги ккола КъуръанхIадисалдаса ва гIарабазул пасахIатаб мацIалдаса босараб гIелму. ШаригIаталъул хIукму халгьабун абуни, Къуръаналъул баян аварагасул ﷺ хIадис цIалулел чагIазе лъачIого чара гьечIеб парзлъун бихьизабураб буго.
«Тасрифул гIиззи» абураб тIехь буго Дагъистаналда гIараб гIелмуялъе цIалулел чагIазда гьоркьоб кутакалда машгьураб. Гьеб тIехьалда тIад церегоялдаса нахъе гIемерал гIалимзаби хIалтIана, цIалана, мутагIилзабазда малъана. Мисалалъе, Кьохъа Салман, Къудукьа Мусал МухIаммадил вас Дибир, МачIадаса ХIадис, ГIурадаса МуртазагIали - Шамил имамасул Имаматалда муфтилъун вукIарав, Къарахъа МухIаммадтIагьир, СалтIаса кIудияв гIалим Юсуф, Сугъралъа Амихалилав, Инхоса шайих ГIумарис вас Юнус гIадаз гьеб тIехьалда тIад гьарурал хIалтIабазул баянал ва шархIал руго.
ТIехьалъе цIар кьуна «АльхIавашил Гьандихъия гIала тасрифил гIизи» абун. Гьелъие къимат кьуна ва цеберагIи хъвана Йеменалдаса кIудияв гIалим, доктор МухIаммадил вас Магьдица (Аллагьас жив дунялалдаги ахираталдаги киналниги балагь-къварилъабаздаса цIунаяв). ТIехь буго сарф-гIелмуялъул хIакъалъулъ бугеб. Сарфги буго гIараб мацIалда рагIабазул гIуцIиялъул хIал, гьел лъаялда сверухъ лъугьараб гIелму.

– ТIехь хIадур гьабиялъе аслияб гIилла щиб букIараб?
– ТIехь данде гьабиялъе аслияб гIилла бугин абизе бегьула, мутагIилзабаз дарс цIалулелъул ричIчIуларел бакIал камуларелъул, гьел ричIчIизе бигьалъи букIинин абураб. ТIехьалда рахъарал баянал данде гьарулаго пайда босана нусгоялде гIагарун тIехьалдаса. Баянал данде ракIарулелдаса гIезегIан соналги ана. Гьел ракIарулеб заманалда хасаб тIехь данде гьабизе пикруги букIинчIо, Аллагьасул хIукму гьадинаб букIун бугоха. Чанго соналъ данде гьарурал баянал ругелъул, ният ккана гьел киналго дандеги гьарун, тIехь бахъизе.
– ГIелму цIалулезе щиб пайда гьелдаса щвезе бугеб?
– Мисалалъе, абизе бегьула дуца тIехьалда жаниб лъалеб букIинчIеб, цIияб гьабураб яги кIвар бугеб батIияб къагIидаялъ тIаде хъван гьабураб хIалтIи щиб бугебин абун. Гьединал суалал рачIин битIарабги буго. Гьелдаго цадахъ къваригIуна самокритика абураб жоги. ГIелмуялъулъ пуланаб даражаялде рахарал чагIазе гьадинал тIахьазде хIажалъиги букIинаро.
«Тасрифул гIиззи» абураб тIехь буго гIараб гIелму цIализе лъугьунел чагIаз тIоцере цIалулезул цояб. Гьаб дица данде гьабураб тIехьги буго гIелмуялъул байбихьуда ругел чагIазе бигьалъиялъе, тIоцебесеб нухалъ «Тасрифул гIиззи» цIалулел тIаде раккизе, цIалулелъул бичIчIи щвеялъе хIисабалде босун гьабураб.
– Кинаб къагIидаялда тIехь гIуцIун бугеб?
– ТIехьалда руго кIвар бугел бакIазе мисалал, баянал, цо-цо жал кин ричIчIизе кколелали мухIканлъаби гьари гIадал хIужаби. Аллагьасде хьулги буго гьединал чагIазе гьалдаса дагьабгIаги кумек букIинин абураб. Гьелдаго цадахъ абизе ккола, кигIан гьитIинаб бугониги тIехь данде гьаби, гьеб хъвай жавабияб иш буго. ТIехь чанго чиясда бихьула, щивас батIи-батIияб къиматги кьола.
Мисалалъе, цояс кинаб бугониги масъалалда сверухъ баян гьабун жаваб бахъун хадуб чанго къоялдаса тIадвуссун валагьидал ракIалде ккезе бегьула пуланаб жо тIаса бахъун цогидаб тIаде жубан мухIканлъи гьабизе ялъуни щайдай гьадинаб къагIидалда баян гьабун букIарабин абун.
Цо гIалимас абулеб буго, щибаб нухалъ ботIролъе рачIунел пикрабазда хадувги вилълъун чияс хъвалеб жо чIезе толеб букIарабани, цонигияс тIехь къватIибе биччалароанин. Инсан кутакалда мукъсанав рижи вуго, гьединлъидал хъвалеб жоялда жаниб гъалатI ккечIого букIунаро. Амма гьабулеб ишалъулъ машаихзабазул кумек букIана, хассаб баракат щвана Аллагьас жидер даража тIадегIан гьабеял ЧIикIаса СагIид-афандилгун КъулецIмаса ГIали-афандил. Хьул буго тIехьалда хисизабизе яги тIаде жубазе бегьилеб гIадаб жо батани, цIалдолез дихъе щвезабилин абурабги.
ГАРА-ЧIВАРИ ГЬАБУНА МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВАС