Аслияб гьумералде

ХIаким вуго халкъалъул хъулухъчи

ХIаким вуго халкъалъул хъулухъчи

ХIаким вуго халкъалъул хъулухъчи

Хьаргаби районалъул бетIер ТIагьиров МухIамадгIалилгун  гара-чIвари

 

ГIадамазда гьоркьоб бугеб хьвада-чIвадиялъул ва низамалъул рахъалъ халкъалъул церехъабазда бараб жо гIемераб букIуна. Гьединав чиясул жигаралдалъун цебетIола гьес нухмалъи гьабулеб халкъги. Хьаргаби районалде гьабураб сапаралда нижее рес щвана районалъул нухмалъулев ТIагьиров МухIамадгIалилгун гара-чIвари гьабизе.

 

– Бокьилаан дурго хIакъалъулъ ва хIалтIи кин байбихьарабали бицине?

- Дун ккола Хъвартихьуни росулъа. Школа лъугIана Избербашалда. Гьенибго лъугIизабуна педучилищеги. Хадув ана армиялде. Гьелдаса хадув росулъ учителлъун хIалтIана. Хадув ана хIалтIизе милициялде. Полковникасул чиналде вахинегIан тIубазабуна гьениб батIи-батIиял хъулухъал. АнцIгониги соналъ РОВДялъул начальниклъун нижерго районалдаги хIалтIана. ЛъагIалидасаги цIикIкIун заманалъ МахIачхъалаялъул Ленинский районалъул отделалъе нухмалъиги гьабуна. Гьединаб нухги тун, районалъул депутатазул божилъиги щун, вищана Хьаргаби районалъул нухмалъулевлъун.

 

 

 

 

– Районалъул бетIерлъун вачIиндал хIалтIи сундаса байбихьараб? Милициялъулги районалъул нухмалъулесулги хIалтIи батIи-батIияб бугелъул?

- Милициялъул хIалтIуда вукIаго дица цIалулаан цере хIалтIулел рукIаразул аналитикиял справкаби. Гьезул цоялда хъван батана гьаб районалда пихъ гьечIеб соналъ такъсирчилъи цIикIкIунин абун. Гьелда тIад ургъана, гьелъул пикру гьабуна. ХIисаб гьабидал гьабсагIат райадминистрациялда хIалтIулев бетIерав специалистасул мухь 20 азарго гъурущ буго. ТIубараб лъагIалида жаниб, премияги рикIкIун, гьесие щолеб буго 250-260 азарго гъурущ. 15-20 сотых куракул ах бугев чиясе гьениб пихъ бижани 300-600 азарго гъурущ хайир щолеб буго. Гьанже дандекквеха гьеб кIиябго хIал.

Гьаниве бетIерлъун ккезегIанги дида лъалеб букIана районалда бугеб ахIвал-хIал. Милициялда хIалтIулев чиясда киналго масъалаби лъалелъулха. ХIакъикъаталдаги кабинет бугеб мина хисун гурони, гьабулеб хIалтIиялъе щибго батIалъи ккечIо. ГIицIго политикаялда гъорлъ цеве вукIинчIо гьанже гIадин. Районалъул бугеб къварилъи-гIатIилъи лъалеб букIиналъ дие бигьалъана хIалтIизе. Гьедин байбихьана дирго хъулухъги. Халкъалъул мурад, масъалаби тIурай – гьеле дир аслияб хIалтIи.

 

- ЖамагIатазулгун хIалтIи кин гIуцIун бугеб, бугищ цоцазда ричIчIи?

-  Гьелъие цо мисал бачина. Дун гьаб районалде вачIана 2010 соналъ РОВДялъе нухмалъи гьабизе. Гьеб букIана Дагъистаналда терроризм цIикIкIараб, кутакалда захIматаб заман. Нижеца гIуцIана киналго рахъазул гIадамал данде гьарураб хIалтIи. Гьелги рукIана милиция, администрация, диниял церехъаби, депутатал ва жамгIиял гIуцIаби. Гьединаб гъункараб гIуцIиялъул хIалтIул хIасилги ккана. Нижер районалдаса гьел соназ цониги чи вукIинчIо изну гьечIого яргъид гIуцIаразул къукъабазулъ. Амма нижеда сверухъ ругел районазда гьел рукIана. Гьебги дир гьунар гуро, гьеб букIана киналго цадахъ рекъон хIалтIиялъул хIасил. ТIубанго гьезул пикруялда ругел гIадамал рукIинчIинги абиларо, гьедигIанго бацIцIадгоги букIунарелъул.

ЖамагIатазе хIажатаб жо буго, гьезул гьаракь рагIи, гьезул къваригIелал лъазари ва тIурай. Халкъалъе къваригIараб жо буго лъикIал нухалги, гьекъезе лъим токгун газ. Гьез тIалаб гьабуларо гьабун квенгун жидехъе рачIаян абун. Гьелъие цоги мисал. МагIлиб росулъе газ цIияб соналде щвезе бугин гьезда абидал, нижеда жамагIат божичIо. Нижеца кьураб рагIиялда рекъон, 29 декабралда МагIлибе газ бачIана. Халкъалъул божи щола кьураб рагIи тIубаялдалъун. Гьелдаго цадахъ нижеца жеги чанго росулъеги бачана газ.

 

 

 

 

-  ГIолохъабазулгун гьабулеб хIалтIул иш кин бугеб?

- Чанго программа буго гIолохъабазда хурхараб, бюджеталда гьелъие сурсаталги рихьизарун руго.  Гьединго гьунар бугел лъималазе ва гIолохъабазе буго гьабулеб кумек. КIудияб кIвар кьола спорталде. Гьале лъабгониги дунялалъул чемпион вахъана районалдаса. Нижер районалда кьалбал ругев чемпион, ахIун гьанивегун, гIуцIула лъикIаб дандчIвай. Жакъа гIолохъабазе нилъеца кумек гьабичIони, метер мекъи ккола. Гьеллъидалха нилъер букIинесеб гIел. Гьединго кIудияб хIалтIи гьабула наркотикал ва цогидалги заралиял жал гьезда гьоркьор тIиритIичIого рукIинелъун. Щибаб санайил кьола шапакъатал школалда лъикIал хIасилал росарал цIалдохъабазе. Студентазулгун гьарула дандчIваял. Нижеда лъала, жакъа гIун бачIунеб гIелалъе лъикIаб тарбия кьуни, гьеб букIин нижер лъикIаб букIинесеб.

 

-  Дур пикруялда, щив чи кколев хIаким?

- Гьев ккола жив бетIерлъун вугеб, гьез жидее нухмалъи гьабизе ихтияр кьураб халкъалъул хъулухъчи. ХIакимзаби руго унел ва рачIунел чагIи. Халкъ буго кидагосеб ва хисулареб. Гьединлъидал хIаким вуго халкъалъул хъулухъчи.

 

-  Украинаялда унеб хасаб рагъулаб операциялда хурхун щиб хIалтIи гьабулеб бугеб?

- Пикру мукъсанал цо-цо гIадамазда ккезе рес буго Россия Украинаялде тIаде кIанцIанин абун. Россиялъ жиндирго тарихалда жаниб цониги рагъалъе кьучI лъечIо, ахир лъун гурони. Украинаялдаги, Донбасалъул халкъ инжит гьабизе лъугьиндал, гьоркьобе жубана Россия. КIудияб ВатIанияб рагъда лъугIизарун рахъинчIел нацистазул тIанчIазул зулму чIезабичIого рес букIинчIо Россиялъе. В. Путинил нухмалъиялда гъоркь гьениб тIобитIулеб бугеб СВОялъул рахъ ккола ва битIараблъун рикIкIуна Хьаргаби районалъул жамагIаталъ. ЦохIо рагIабаздалъун гуребха, хIалтIиялдалъун. Нижер районалда гIуцIун буго «Солидарность» абун цIаралда гъоркь гурхIел-рахIмуялъулаб фонд. Гьеб фондалде гIарац рехана районалъго. Республикаялдаго цогидаздаса нахъе ккечIеб гуманитарияб кумек битIана гьенир ругел гIолохъабазе. Хадубккунги гьедин гьабизе ракIалдаги буго. ГьабсагIаталда 110-ялдаса цIикIкIун гIолохъанчи вуго нижер районалдаса СВОялда гIахьаллъи гьабулев. Руго камиялги. МагIлиб ва КIикIуниб нижеца гьел ракIалдещвеялъе чIвана мемориалиял къанал. Рагъда васал камурал хъизамазе гьабула кумек. Россиялъул хьолбохъ баккараб фашизмалъул ругъун нахъе инабичIони, гIун бачIунеб гIелалъе кIудияб зарал букIине буго.

 

Гара-чIвари гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас

 

 

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


СВОялъулазе кумек гьабу-ралъухъ медал

Хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчагӀазе гьабураб ва гьабулеб бугеб квербакъиялъухъ жамгӀияб шапакъат кьуна Дагъистаналъул муфтиясул гӀакълучи ГIайна ХIамзатовалъе.   РФялъул «Хранители России» абураб жамгӀияб гIуцIиялъул хӀукмуялдалъун гьелъие кьуна «За вклад в победу СВО» абураб...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

2026 соналъул 11 февралалда тӀобитӀараб ДРялъул ГӀалимзабазул советалъул данделъиялъул хIасил гьабун, жакъа къоялъ чара гьечIел диниял, тарбия кьеялъул, хъизамалъул, жамгӀияталъул ва социялиял суалазул халги гьабун, ГӀалимзабазул советалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасда ва жамгӀияталда цебе жидерго бугеб...


КӀал биччаялъул байрам

Ассаламу гIалайкум ва рахIматуллагьи ва баракатугьу!   ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! РакӀ-ракӀалъ баркула нужеда тӀаде щвараб баракатаб кӀал биччаялъул байрам: кӀал кквеялъул, как баялъул, ракӀбацӀцӀадаб тавбуялъул ва рухӀияб рахъалъ хисиялъул цӀураб хирияб рамазан моцӀ лъугӀулеб...


Рагъухъабазул гIумру хвасар гьабуна

ГIадатияб гуреб ва рекIее асар гьабулеб лъугьа-бахъин ккана СВОялда. Дагъистаналдаса школлъималаз гьабураб ва гуманитарияб кумек хIисабалда битIараб гьиналъ кумек гьабуна тушманасул дроналъ гьужум гьабичIого букIине ва нилъер рагъухъабазул гIумру хвасар гьабизе.    Гьеб кумек щварав...


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...