ГIумрудул нух
ЛъаратIа районалъул Гъараколоб росулъа Юсупил МухIаммадил яс Шамсиятил захIматалъул ва къисматалъул нухалъул бокьун буго гьаниб бицине. Коммунистазул заманалда гIурай йигониги гьелъ тIадал ишалги, руччабазда гьоркьосел диниял тIалабалги тIуразарула. Гьелъулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гьаниб гъоркьехун.
- Шамсият, дурго лъимерлъиялъул, гIумрудул бицани бокьилаан.
- Дица бана 72 сон. Нижер хъизамалда рукIана лъабгоял. Эбел-эменги церего хвана. Дир гьитIинаб гIумрудул заман букIана ресукъаб, мискинаб. Гьабулеб хIалтIи-пиша букIана захIматаб. Байбихьул классазул школа букIана росулъ. Ункъо соналъ гьенийги цIалун, гьоркьохъеб школалде ана ЦIумилухъ росулъ букIараб школа-интернаталде. Гьенир ккана дир гIемерал лъималазулгун гьудуллъиги.
ГьитIинго ккана колхозалъе хIалтIи гьабизе. ТIоцебесеб къоялдасаго тIамуна, дирго гIадаб гIелалъул ясалгун цадахъ, санаде рахарал руччаби ругеб звеноялда хIалтIизе.
Санаде яхиндал, АхIмадов Жамалудиние кьуна лъадилъун. Аллагьас ﷻ мунагьал чурад, гьевги вукIана гIумру гIияда арав муъминчи. Дунги гIемер ана гьевгун цадахъ магIарде ва хъутаналде. Хасалил заманалдаги росасул бригадаялъул гIухьбузе (24 чи вукIунаан) квен гьабун, гьесда цадахъ йикIана. Гьезул букъизе ккараб букъулаан, чуризе батараб чурулаан. ГIи къинлъиялъул заманалдаги букIунаан гьабизе гIемераб хIалтIи, эбелалъ рехун тарал хухазул тIалаб гьабуна. КъунцIарулеб сезон байбихьидал, квас бищун, гьеб бакIарун, тархъизе рес щолароаан. Гьеб кIиябго заман букIунаан гIухьбузе цIакъго кумек хIажатабги.

- Кина-кинал захIмалъаби дан-дчIварал гIумрудул нухда?
- Дир гIелалъул гIадамаз гьабулеб букIана захIматаб магIишат, бихьулеб букIана гIакъуба. Нижер росдал руччабазда тIадкъан букIана колхозалъул гьоралгун бокьал харил цIезари. Бищунго захIмат букIана росдада гъоркьехун бугеб гIурул мухъалдаса мугъзада лъураб харил къайи лъоба борхалъуда букIараб гьоробе щвезаби. Мунагьал чураяй эбел ХIабсатицагун дица гIемерал соназ хьихьана гьенир колхозалъул бачал. Хадуб, гIурул мухъалда бана цIияб гьор, гьелъ гIадамазе гIемераб бигьалъиги гьабуна.
Мунагьал чураяв Жамалудиницагун гIезарун кIиго васги щуго ясги. Цо вас вукIана нижер эпилепсиялъ унтарав, 21 сон байдал хвана гьев, цо ясги хвана нижер.
Дида бихьана гIемераб квешабги лъикIабги, унтана, сахлъана, баччана захIмат, Аллагьас кинабго гIибадатлъун сверизабегиха.
ГIажаибаб мех букIана доб. ХIалтIи гьабиги кинабго квераздалъун букIана. Рии-ихдалги къобакъинегIан колхозалъеги хIалтIун, бакъанилгун маркIачIул гIужалда гьоркьор гурони жидерабго гьабизе рес рекъолароан. Хасало гIазу гIемер балаан, кватIун гурони биунароан, хуриса гьеб нахъе рехизе кколаан дагьабгIаги хIалухъин бачIинародайин абун.

Хасалил халатал сардаз гIиял квас бацIцIад гьабун, кун дургъун рессулаан салмагалгун туртал, чодул кьолол алатал, хунжрал, щватаби, свитерал. Квасул рукIунаан юргъабигун матрасалги. Гьеди-гьединал хIалтIаби гьарулаго ана гIумру. ЗахIматго гурони щолароан тIаде щолеб шагьи-кепекги.
Цо нухалъ нижер руччабазул къокъа букIана колхозалъе хIалтIулел магъилъ. Гьеб мехалъ цояс бачIана конфетазул коробка босун, киназдаго гьоркьоб бикьун, тукаде гIарац бецIизелъун. БакIарун гIарац данде гьабун хадуб, кIиго гъурущ гIечIеб мехалъ, конфетал нижедаго гьоркьорги рикьичIого, тукаде нахъе ритIана. Гьеле гьединаб букIана доб заман.
- ГIолохъанаб мехалда как базе, кIал кквезе гьукъулаанищ?
- Гьанже гIадин дин гьабизе регIун толароан. Диналдехун бербалагьиги букIана бахчараб, бегьулароан как ахIизе гьаракь борхун, балъго букIана.
Дица лъазабуна Къуръан цIализе, ракIалдасан лъала гIезегIанго сурабиги.
ГIияхъанлъиялъул хIалтIи гьаби захIматаб иш букIаниги, Жамалудиницаги гьеб пиша цIакъ бацIцIадго, хIарамлъи гъорлъе ккезе биччачIого гьабуна. ЦIорой-хинлъиялъухъ балагьичIого какил кIвар гьабичIого толароаан. Доб заман комунистаз бетIерлъи гьабулеб букIаниги, рекIелъ иман яхI бугез Аллагьасул дин цIунана. Гьединав вацIцIадав чи вукIинги бихьун, гIухьбузул удаманлъун, гIиял бригадирлъун тана Жамалудин ЧIарада районалъул Гьочоб росдал колхозалъул управлениялъ.
- «Ас-саламалъулгун» кида хурхен ккараб? Казият гьоркьобккун щиб абилеб цIалдолезда?
- «Ас-салам» казият цIалулезде дир гьари буго чадил къадру гьабеян абураб. Гьаб казият цIалулагоги дир 17-18 сон буго. «Ас-салам» гьоркьобккун абизе бокьун буго Аллагьасде руссаян, исламияб дин гьабеян ва МухIаммад аварагасул ﷺ нухги кквеян абун. Бугеб ресалдаса пайда босе, щукруги гьабе.