Аслияб гьумералде

Заманалъул къимат

ПатIиматгун Халид

Заманалъул къимат

Нилъ жанир ругеб заманалъул къимат лъалел чагIи руго советияб улкаялда гIумру гьабун рукIарал. Гьезда бихьидалха доб заманалда рукIарал захIмалъабиги къварилъабиги. Гьединазул цояй ккола Шамил районалъул ТIогьохъ росулъа РажабхIажиясул яс ПатIимат. Гьелъулгун гьабураб гара-чIвари кьолеб буго гъоркьехун.

– ПатIимат, мун гIолохъанаб заманалда кинаб букIараб рукIа-рахъин?

- Рукъалде араб заманалда дир букIана 18 сон. Дир рос вукIана кутакалда лъикIав, жиндаса бажарараб чияе гьабулев чи. Колхозал ругеб заманалда гIезегIан захIматаб гIумру баччизе ккана. Бихьиналги рагъде ун, руччабаз гьабизе кколаан магIишат.

Амма гIадамал рукIана хIажаталъур ратулел, цоцазе кумек гьабулел. Нилъеца щиб гьабилеб, бихьаралда сабруги бугелда гIейги гьабун чIезе ккола.

– Абула доб заманалда дин гьабизе квалквал букIанин…

- БукIана гьедин, амма балъго гьабунги гьабулаан. ГIисинал лъимал, ниж, унаан балъго Къуръан цIализе ва как базе лъазабизе гьеб малъулезухъе. Росулъ рукIана, Аллагьас жидер мунагьал чураял, ИбрагьимхIажиясул МухIаммад ва Закари абурал чагIи. Гьезухъе балъго хьвадулаан.

Мунагьал чураяй дир эбелги йикIана кутакалда диналъул кIвар бугей гIадан, гьелъги малъун букIана нижеда адабхIурматги динги гьабизе.

– Доб цебесеб заманги жакъа бугебги дандеккуни, щиб абилеб?

- Жакъа дин гьабизе кутакалда рес буго, Аллагьасе рецц. Гьадин рахIаталда тунги рукIаго БетIергьанасе гIибадат гьабиялъулъ кIарчанлъи гьабулев чиясул хIакъалъулъ щиб абилебали лъаларо, ахIмакъав чийин абун тезе ккелаха. Бугелдаса пайда босе. Аллагьас нилъер киназулго мунагьал чураги.

– «Ас-салам» казият хъвазе, цIализе кида байбихьараб? Гьелъул хIакъалъулъ щиб абилеб?

- БитIараб бицани, гьаб казият дие кутакалда бокьула, щибаб санайил хъвала, лъималаздаги абула цIаличIого тогеян. Гьаб буго гIемераб пайда жаниб бугеб, дин-ислам бичIчIизабулеб казият.

Цебесеб номер бачIун, гьеб цIалун лъугIидал дун йикIуна кидадай хадусеб бачIинаян абун. Кидаялдаса нахъе гьеб нижер рокъобе бачIине байбихьарабали ракIалда гьечIо, амма мухIканго абизе кIола 20 сонгIаги батилин абун. Дир яс йикIана почалда хIалтIулей, гьелъ бачIана тIоцебесеб казият рокъобеги.

Казияталъул хIакъалъулъ абизе кIола, гьелъ нижер гIумрудул гIемераб ахIвалхIал хисизабунин. Гьелда хъван бугеб цIалун дица лъималазеги бицуна кидаго. Гьанже кIодолъунги йиго, беразда гIемерго бихьизеги бихьуларо, амма гьелде бугеб рокьиялъ хъвала ва ясалъ цIалулелъухъ гIенеккула. Аллагьас баракат лъеги гьелда тIад хIалтIулезда ва гьеб нижгIадиназухъе щвезабулезда.

– Казият гьоркьобккун гIолохъанаб гIелалъе щиб насихIат гьабилеб?

- Воре, эбел-инсул адаб хIурмат гьабичIого тоге, жакъа гьел руго, метер рукIунаро. Диналда тIадчIей гьабе, захIматаб заман тIаде щвелалде.

ГАРА-ЧIВАРИ ГЬАБУНА ХАЛИД ПАЙЗУЛАЕВАС

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Якутскиялда «Лъаялъул сордо»

Якутскиялъул аслияб мажгиталда тIобитIана МухIаммад аварагасул ﷺ хIурматалда «Лъаялъул сордо» абураб цIаралда гъоркь тадбир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфтияталда цебе бугеб регионалияб цебетIеялъул департаменталъул нухмалъулев АхIмад Надирбеговас ва гьесул заместитель ГIизраил...