Аслияб гьумералде

Алжан, жужахI, ГIарш, Курс бихьана

Алжан, жужахI, ГIарш, Курс бихьана

Исраъ-МигIражалда хурхарал суалазе жавабал кьолел руго ЧIарада районалъул имамзабазул советалъул нухмалъулев Рамазан-хIажи Жаватхановас.

 

- Исраъ ва МигIраж щиб кколеб?

- Исраъ абула, Аллагьаc ﷻ хираги гьавун, Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ Масжидул ХIарамалдаса Масжидул Акъсаялде сардил къокъабго заманалда вачиналда. МигIраж абула хирияв Авараг ﷺ, Байтул Мукъаддасалдаса тIасиял зобалаздеги вачун, гьенисаги тIадехун, малаикзабазул, гIадамазул, жиназул - киназулго лъай къотIун кколеб бакIалде вахинавиялда.

Кинабго ккана цо сардил дагьабго заманалда жаниб. Гьеб хIикматаб лъугьа-бахъин ккола Маккаялда Авараг ﷺ вукIаго, гьижра гьабилалде анцIила микьго соналъ цебе. МигIражалде гьев вачана рухIгун ва черхгун цадахъ. Бухариясги Муслимицаги бицаралда рекъон, Аллагьасул ﷻ Расуласухъе ﷺ бачIана Буракъ, хIамидаса кIудияб, гIорцIмадаса гьитIинаб, бер лъураб бакIалда хIетI лъолеб. Гьединго, гьениб хъван буго: «Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ щвана Байтул Мукъаддасалде. Гьениб гьес кIиго ракагIат какил бана. Цинги гьесухъе Жибрил вачIана кIиго цIа-рагIги кодоб ккун. Цоялда жаниб рахь букIана, цогиялда жаниб жа букIана. Аллагьасул Расулас ﷺ рахь тIаса бищана. «Дуца фитIрат (хIакъаб дин) тIаса бищана», - ян абула Жибрилас. Цинги гьев щвана «Сидратул мунтагьа» абулеб бакIалде. Гьениб Аллагьас гьесие пикру хадуб гъоларелгIан гIемерал хIикматалги гIелмуги илгьам гьабуна (гьесда лъазаруна). Гьениб Аллагьас ﷻ умматалда кIикъоялда анцIго как парзлъун гьабуна. Цинги хирияв Аварагас ﷺ гьарун, щу-щу как тIаса рехулаго щуйиде ккезаруна, амма кири кIикъоялда анцIабго какил цIунана.

 

- Анкьалго зобалазде вахунаго гьесда ﷺ данчIваралъул бицинарищ?

- ТIоцебесеб зобалда Адам (гl.c.) ватана, кIиабилелда - ЯхIягун (гl.c.) ГIиса (гI.c.) ратана, лъабабилелда - цIураб моцI гIадаб гвангъараб гьумералъул берцинлъи кьурав Юсуф (гI.c.) авараг ватана, ункъабилелда - Идрис (гI.c.) авараг ватана, щуабилелда - цIинуялде щвараб мегежгун Гьарун (гI.c.) авараг ватана. Анлъабилелда - Байтул магIмуралда мугъги цун Ибрагьим (гI.c.) авараг ватана.

АскIове щвара-щварав щивав аварагас, лъикI щваравин рохелги загьир гьабун, нилъер Аварагасе ﷺ рецц гьабулеб букIана. Гъоркьияб зобалъул каву рагьилалде ИсмагIил абун малаик ватана, жинда цеве 70 азарго малаикги вугев. Гьезул щивав, малаикасда цевеги цоги 70 азарго малаик вугев. Адам авараг (гI.с.) ватана щивав хварав лъикIав чиясул рухI ГIиллиюналде битIулев, квешазул Сижиналде (жужахIалде) битIулев. Кваранидехун  вуссун Алжаналъул агьлу бихьун вохулев, квегIаб рахъалде вуссун жужахIалъул агьлу бихьун гIодулев. Цинги, Сидратул Мунтагьаялде щварабго, ЖабрагIил малаикас, тIокIалъ тIаде ине жиндие изну гьечIилан, МухIаммад Авараг ﷺ живго витIана.

 

 

 

 

 

 

- МигIражалъул сордоялъ Бичасул аварагасда ﷺ бихьара-таралъул хIакъалъулъ бокьилаан лъазе?

- МигIражалде араб сордоялъ нилъер Аварагасда ﷺ бихьана Алжанги, жужахIги, ГIаршги, Курсги ва ТIадегIанав Аллагьас жиндихъего кверщел кодобе кьураб Кавсаралъул хIавузги. Гьединго Аварагасда ﷺ вихьана киданиги гьимуларев, жужахIалъул кIалтIа тарав Малик малаик. Рихьана варанидул гIадал кIутIбузул, бесдалазул боцIи кванарал гIадамал. Гьезул кIалдире кIудиял ганчIал гIадал цIаялъул кескал рехулел, хадур гьел нахъасан къватIире рачIунел ругоан. Рихьана кIудиял чахьазул, чIараб бакIалдаса рагъаризе кIоларел рибачагIиги, жужахIалде рехизе рачун унел пиргIавнил боял гьезда тIасан хьвадулел ругоан. АскIоб бугеб цIияб гьанги тун, махIцараб, турараб гьан кваналел зиначагIиги рихьана. Курмул магIида ран даларал, чиядасан ккарал лъимал жидерго россабахъе рачун рачIарал руччабиги рихьана.

- Гьеб сордоялъ щиб бакIазда какал рарал хирияв Аварагас ﷺ?

- Свалат-салам лъеяв Авараг тIад рекIине лъугьаравго Буракъ кьуркьудана. «ГьавгIан хирияв инсан дуда тIад рекIинчIо, мун гIодобе бусса», - ян ЖабрагIилас абураб мехалъ, нечеялъ гIетIулъги тIерхьун, Буракъ гIодобе буссана. Бер лъуралъуб хIетI лъолеб хехлъиялда боржунеб букIана Буракъ. Цо бакIалда рещтIинеги гьавун как баян амру гьабуна Аварагасда ﷺ ЖабрагIил малаикас. Гьаб ккола дуца гьижра гьабизе бугеб Мадинаялъул ракьиланги бицана гьес. Хадубги гьенибго ЖабрагIилас амру гьабуна свалат-салам лъеяв Мусада Аллагь кIалъараб гъотIокьги, ТIурисанаъ абураб бакIалдаги, ГIиса авараг (гl.c.) гьавураб БайтулахIмин абураб бакIалдаги какал раян.

Байтул Мукъаддасалде щвараб мехалъ мажгиталда кIиязго кIиго ракагIат как бана. Циндаго гьеб мажгит гIемерал гIадамаз занкIун цIуна. Гьел рукIана аварагзаби. Цинги цояс какги ахIун къамат гьабуна. Киналго балагьун чIана имамлъи гьабизе щивдай вахъине вугоян. ЖабрагIил малаикас кверги ккун, свалат-салам лъеяв МухIаммад Авараг цеве тIамуна.

Гьезие имамлъиги гьабун гьес кIиго ракагIат как бана. Киналго аварагзабазе имамлъиги гьабун, как баялъулъ ишара букIана, киналго аварагзабазул диназул ахир нилъер Аварагасул диналде буссине букIиналде ва дунялалъего гIаммаб ахирисеб дин - нилъер Аварагасул дин букIиналде. Гьеб нилъер Аварагас ﷺ имамлъи гьабун как бараб Байтул Мукъаддас ккола киналго аварагзаби жанир рещтIунеб букIараб мажгит.

 

- МигIражалъул хабар гIада-мазе кин загьир гьабураб аварагас ﷺ?

- Авараг ﷺ МигIражалдаса гьебго сордоялъ Маккаялде тIадвуссана. Гьес гьелъул хIакъалъулъ ГIали-асхIабасул (р.гI.) яц Уммагьанида бицана. «Дуда иман лъуралгицин къосине руго, гьеб жо дуца гIадамазда бицунге», - янги абун, Уммагьани гьесул кверчIелалда хурхана. Кьабун кверги босун, гьелъул кодоса кверчIелги борчIизабун, Авараг ﷺ Масжидул XIарамалде ана.

ГIадамаз жив гьереси гьавизе вукIинги лъан, гьев пашманго гIодовчIун вукIана. Гьесда аскIоса Аллагьасул тушман Абу Жагьал ана. Махсароде гIадин, ккараб жо бугищан гьикъана гьес Аварагасда ﷺ. «Нолъ сардилъ дун Байтул Мукъаддасалде вачана, къасиго тIадвуссун рокъовеги щванаха», - ян бицана Аварагас ﷺ. «ГIадамал ахIилищха гьаб дида бицараб бицине», - ян абуна Абу Жагьалица. «Axle», - ян абуна Аварагас ﷺ. Абу Жагьалица киса-кирего гIадамал ракIарана. Гьанже гьездаги бицеян абуна гьес. Аварагас ﷺ ккараб жо бицана. Цояс бетIер ккуна, цояв пещтIезе лъугьана, цояв хъаталда хъатги кьабун велъанхъизе лъугьана, хIатта цо-цо иман загIипал чагIаз диналдаса инкарцин гьабуна.

Хехго Абубакар-асхIаб (р.гI) ахIизе хадур гIадамал ритIана. «Унго, абунищха МухIаммадица гьеб жо?» - ян гьикъана Абубакар-асхIабас. Абунин жаваб кьуна капурзабаз. «Абун батани, гьес абураб битIараб буго», - ян жаваб кьуна Абубакар-асхIабас. «Гьаб бицунев МухIаммадида мун божулищ?» - ан гьикъана гьесда капурзабаз.

«Къасиги къадги зодоса хабарги босун гьесухъе ЖабрагIил малаик вачIунев вугин абураб мехалъ дун гьесда божулев вуго. Гьес бицунеб жо гьелдаса кIудияб гьечIо», - ян жаваб кьуна Аллагь разилъаяв Абубакар-асхIабас.

 

Гара-чIвари гьабуна ГIабдуллагь МухIаммадовас

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.   Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва...


Цолъиялъул мурадалда

Болъихъ районалъул лъималазулгун гӀолилазул спортивияб школалда тӀобитӀана СССРалъул ва Россиялъул мустахӀикъав бакӀал ралев ГӀабдулбасир Халикъов ракӀалде щвезавиялъул хIурматалда кIалбиччаялъул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна районалъул бетIер Руслан ХIамзатовас, депутатазул собраниялъул...


Рагъухъабазе кумек гьабулеб ателье

ГӀумарасхӀабги гьесул лъадиги руго нилъер рагъухъабазе кумек гьабулел чагIи. Гьез гьабулеб ишалъул хIакъалъулъ рагIидал, ният ккана гьезухъе щвезе ва гара-чIвари гьабизе.    – ГIумарсхIаб, рагъухъабазе кумек гьабизе ккелин абураб пикруялде кин нуж кантIарал? - Нижер буго «Баракат» абун цIар...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...